7класс Шарт1ияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул форма кин лъугьунеб
Скачать 15.75 Kb.
|
7класс 1.Шарт1ияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул форма кин лъугьунеб? А ,Хабарияб наклонениялъул гьеч1олъиялъул формаялда т1аде «-ни» суффикс жубан. Б. Т1алабияб наклонениялда т1аде «-ни» суффикс жубан. В. Причастиялда т1аде «-ни» бач1ун. Г .Деепричастиялда т1аде «-ни» бач1ун. 2.Шарт1ияб наклонениялъул анищалъулаб форма кин лъугьунеб? А. Хабарияб наклонениялда т1аде «-ани» суффикс жубан. Б. Деепричастиялда т1аде «-ани» бач1ун. В. Причастиялда т1аде «ани» бач1ун. Г. Т1алабияб наклонениялда т1аде «-ани» суффикс жубан. 3.Суалияб наклонениялъул глаголаз щиб загьир гьабулеб? А. Буюрухъ Б. Гьикъул маг1на В. Шарт1 Г. Щаклъи 4.Суалияб наклонение лъугьинабулел суффиксал рихьизаре. А. –ни Б. –ин В.–ге Г. –ищ,-дай 5.Наречие сунда абулеб? А. Глаголалъул хисулареб формаялда. Б. Иш лъугьунеб куц,бак1,заман,къадар,г1илла-мурад баян гьабулеб хисулареб каламалъул бут1аялда. В. Бак1алъул падежазда ругел раг1абазда. Г. Падежазде сверулареб каламалъул бут1аялда. 6. Наречие бихьизабе. А. Мокъокъ Б. Ресукъ В. Мукъулукъ Г. Рукъ 7.Бит1унхъвараб наречие бихьизабе. А. Къо бакъ ине г1ан Б. Къобакъинег1ан В. Къо-бакъ-инег1ан Г. Къо-бакъ инег1ан 8.Кумекалъул каламалъул бут1а бат1а гьабе. А. Хадурег1ел Б. Хит1аб В.Наречие Г. Деепричастие 9.Маг1наялда рекъон,союз бит1ун х1алт1изабураб предложение т1аса бище. А. Х1ажи вегана, амма кьижана. Б. Х1ажи вегана жеги кьижана. В. Х1ажи вегана ва кьижана. Г. Х1ажи вегана гьединго кьижана. 10. «ги» частицалъун бугеб предложение бате. А. Г1алиги Г1умарги школалде ана. Б. Муг1алимас нижеда хъвазеги ц1ализеги малъана. В. Г1умарги лъик1ав палугьан вук1ун вуго. Г. Дир к1ододаги к1удадаги г1емерал маргьаби лъала.
|