Главная страница
Навигация по странице:

  • (М.С.)

  • I0)

  • 8 класс Диктант (Тайпа цоял членал тема такрар гьабизе) тiадкъай


    Скачать 16.39 Kb.
    Название8 класс Диктант (Тайпа цоял членал тема такрар гьабизе) тiадкъай
    Дата16.08.2022
    Размер16.39 Kb.
    Формат файлаdocx
    Имя файла8-klass-diktant.docx
    ТипДокументы
    #647211

    8 класс

    Диктант (Тайпа цоял членал тема такрар гьабизе)

    ТIадкъай: Кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, текст тетрадазда хъвай. Предложениязул синтаксисияб гIуцIи баян гьебе.
    I.БецIаб рокъор я лъимал я къадал газета я гьойгун милиционер ватичIо. 2. Дица цо рахъалде Кавсаратица цоги рахъалде хьвагIана бакъвараб пихъ. 3. Эбел гьанже я хьандолей йикIинчIо я гIодулей йикIинчIо сородулей йикIана. 4. Инсуда я гIодов чIезе бакI я гьабизе жо батулеб букIинчIо рокъоб. 5. Рахъ – рахъалде рортулаго цоцазда гохIал ралаго бищулеб букIана гьез нигIмат. 6. Бухулаго къалигун балаго рахьигун СурахIил бакIалдехун ралагьун анна лъимал. 7. ХIасан гъоркьанго лъадухъ валагьана амма данде жо абичIо. 8. ХIузуги ПатIиматги цоцахъ ралагьана. 9. МахIачхъалаялдаса машина я бачIинеб я бачIинареб лъаларо. I0. Гьасда ракIалде бачIана ункъо соналъ цебе жинцаго тараб росу росдада цебе зобалазде араб лабалккараб мегIер гьитIинаб мехалъ бачазул иргаялъе живго унев вукIарал чIахIиялги гIисиналги кIкIалал къаси-къаси ракI бащадаб гIелгун цадахъ кинав къвакIаравали бихьизе иргадал цоцазул тIагърал лъезе унел рукIарал гIисинал нохъал. (М.С.)

    Диктант (РатIалъизарурал членал тема такрар гьабизе)

    ТIадкъай: Кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, текст хъвай. РатIалъизарурал бетIерал гурел членазда гъоркь мухъ цIай.

    I)Къагьирихъ бугоан цо тIехь азаралда микьнусиялда ункъоялда микьабилеб соналъ Типлисалда биччараб.2) ГIабдулжалили маргьа букIана халатаб кIиго – лъабго сагIаталъ бицун лъугIулареб. 3) Нижеца «Бергьенлъи» компаниялъул хIалтIухъабаз исана цIиял тIадеросиял гьаруна. 4) Дида автоматчагIазул хасаб ротаялъул командирасда генералас гьеб къоялъ цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ баянго бицана. 5) Гьаниб нилъер Дагъистаналда лъикIаб гьава букIуна. 6) Жакъа азаралда ичIнусиялда лъабкъоялда анцIила ункъабилеб соналъул анцIила кIиабилеб апрелалда Юрий Гагарин космосалде воржун анцIила лъабго сон тIубала. 7) Сардилъ нижер машина чIана цо росулъ сверун мугIруз ккураб. 8) Гьаниб буго цо кагъат духъе битIизе хъвараб. 9) Н. МухIамадов нижер заводалъул директор иш бажарулев чи вуго. I0) Нилъ гIолилал хIалтIулъги церехъабилъун рукIине кола. II) Дир эмен Андрей Петрович Гринев гIолохъанаб мехалда граф Михинида цеве хъулухъалда вукIун вуго. I2) Гъоркьа гIорда тIад лъадал электростанция балеб бакIалда жакъа гIемерав чи данделъун вуго. (А.П.)


    написать администратору сайта