Главная страница

Аварский язык. Текст диктанта для 6 класса.. Ихдалх1инч1


Скачать 21 Kb.
НазваниеИхдалх1инч1
Дата18.04.2023
Размер21 Kb.
Формат файлаdoc
Имя файлаАварский язык. Текст диктанта для 6 класса..doc
ТипДокументы
#1070811

6 класс.
Ихдалх1инч1.
Жибго гьеб гьит1инаб. Ракьул кесекалда релълъараб х1инч1 буго. Амма г1адамазе гьеб ц1акъ бокьула. Ихдалил чапар ккола гьеб Нужецаго халгьабе гьеб гьаваялде, бураво г1адин, свералаби гьарун, боржун унеб куц бихьизе. Нужго г1енекке гьелъул гьоркьоса къот1улареб кеч1 раг1изе.

Бач1инеги гьеб нилъехъе Африкалдаса бач1уна. Гьеб нилъер бак1азде марталъул авалалдаго щола.

Г1одобго, ч1ах1илъ гьит1инаб гвендги батун, гьабула ихдалх1анч1ица бусен. Гьениб лъола гьелъ г1урччинт1огьилаб, т1анк1ахараб 5-6 хоно. Лъаг1алие лъабц1улги рахъула т1анч1и.

Тушбаби г1емераб х1инч1 ккола ихдалх1инч1. Хасго гъудуца толаро гьелъул хоно-т1инч1.

Маг1арул цо-цо росабалъ ихдалх1инч1алда ц1ар буго «Ихдало». Ихдало к1к1ара-т1ут1 т1аг1ине кумек гьабиялъеги пайдаяб х1инч1лъун рик1к1уна.
96 раг1и


написать администратору сайта