Главная страница
Навигация по странице:

  • ПОДГОТОВИЛА: УЧЕНИЦА 9 «Б» КЛАССА МБОУ «СОШ №61» ОМАРОВА ГУРИЯ МАХАЧКАЛА 2022 ИНХОСА Г1АЛИХ1АЖИЯВ (1846

  • АЛИГАДЖИ ИЗ ИНХО. Инхоса г1алих1ажияв


    Скачать 153.32 Kb.
    НазваниеИнхоса г1алих1ажияв
    Дата21.11.2022
    Размер153.32 Kb.
    Формат файлаdocx
    Имя файлаАЛИГАДЖИ ИЗ ИНХО.docx
    ТипДоклад
    #804041



    ДОКЛАД

    ПО РОДНОМУ ЯЗЫКУ

    НА ТЕМУ:

    «ИНХОСА Г1АЛИХ1АЖИЯВ»


    ПОДГОТОВИЛА: УЧЕНИЦА 9 «Б» КЛАССА

    МБОУ «СОШ №61»

    ОМАРОВА ГУРИЯ
    МАХАЧКАЛА 2022

    ИНХОСА Г1АЛИХ1АЖИЯВ

    (1846 1892)

    Г1алих1ажиясул творчествоялъ бихьулеб бак1 ккола Дагъистаналъул адабияталда жаниб. Гьев ккола гьал машгьурал раг1абазул бет1ергьан: «Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас бекьич1ого лъилъе, нилъ гьеч1ого, хур».

    Г1алих1ажияв гьавуна 1846 соналъ гьанжесеб Гумбет районалъул Т1адинхо росулъ Гъазимух1амад абулев мискинав  векьарухъанасул хъизаналъе.

    Анкьго сон барав Г1алих1ажияв инсуца ц1ализе кьола Казбек районалъул Миякьо росулъ бук1араб рух1анияб мактабалде. Гьенив гьев ц1алана 12 соналъ. Мактаб лъуг1ун хадув, гьев к1иго сонги бащадалъ дибирлъун х1алт1ана Г1орот1а росулъ. Даг1ба-къецалъе гьес ахир лъолаан, халкъги гьесда божулеблъун лъугьана. Гьебмехалъ Г1алих1ажияв машгьурлъана коч1охъан х1исабалдаги.

    Рак1бац1ц1адго дибирлъи гьабулев чи вук1инги лъан, гьев жидехъего т1алаб гьавуна Казбек районалъул Буртунай росдал жамаг1аталъ. Гьенив х1алт1ана дагьабго заманалъ.

    Г1алих1ажиясул рит1ухълъиги раг1ун, гьев жидехъего т1алаб гьавуна Индиралъул (Эндирай росдал) жамаг1аталъ.

    Г1алих1ажияс какулеб бук1ана г1адамал гукки, гьезухъа мухь боси, садакъа х1алае ккун, жидеего жо бак1ари ва гь. ц.

    Гьев хвана 1892 с. Индиралда (Эндирай росулъ) ва гьесул хобги гьениб буго.

    Гьесул бищун лъик1аб кеч1лъун ккола «Чияр зулму бергьарас гьеб халат х1ехьеларо». Гьениб абулеб буго:

    «Боц1и  ц1ик1к1ун, мехтарав вигьинего к1оларо,

    Цо макъаналъ ч1ух1арав   чияхъ валагьуларо».

    Хъвана гьес лирикиял куч1дулги. Гьезда гьоркьосан цояблъун ккола Индиралда хъвараб «Хъах1аб рас» абураб херлъиялде гьабураб кеч1ги. Гьелъ бич1ч1изабула херлъизег1ан

    щивав чи живдир заманалда халкъалъе г1емераб лъик1лъиги

    гьабун, хъах1аб рас баккиялдаса нечолареб куцалда вук1ине ккей.

    «Нужум г1елму» абураб коч1олъ бицунеб буго ц1вабзазухъ ралагьун, гьереси бицун, халкъ махсараде кколел жагьилал г1адамазул.

    Г1алих1ажияс росдал бут1руллъун рук1унел рук1арал бегавулзабазул, ч1ух1бузул, диванбегзабазул мекъал ишал

    какун, чанги куч1дул гьарун руго. Гьелъ бицуна гьесул асаразулъ пасих1аб,   бег1ераб сатирияб хасият бук1инги.

    Гьабсаг1атги нилъер г1елалъе тарбия кьеялъе к1вар бугеб гьакълил «агьлуялъул» темаги гьесда к1очон тун гьеч1о. Гьединаблъун ккола гьесул «Гьекъел - мехтел» абураб кеч1ги. Жиндирго куч1дузулъ г1алих1ажияс хъвалеб буго инсанас бет1ербахъи,  живго х1алт1ун, гьабизе кколин.

    Живго г1араб мац1 лъалев чи вук1иналъ, жиндирго коч1олъ г1емер х1алт1изарун руго г1араб раг1аби.

    Цо чанго асар гурони гьесул къват1ибе биччан бук1инч1о.

    1972 с. басмаялда бахъана нусгоялде г1агарун кеч1ниги, назмуниги, кици-абиялниги.    


    написать администратору сайта