Главная страница

Аварский яз. Текст дикт. для 8 класса. Школалъул паст1ан


Скачать 22 Kb.
НазваниеШколалъул паст1ан
Дата18.04.2023
Размер22 Kb.
Формат файлаdoc
Имя файлаАварский яз. Текст дикт. для 8 класса.doc
ТипДокументы
#1070776

8 класс

Школалъул паст1ан
Хасалого лъимал школалъул паст1аналъе рохъо бак1аризе лъугьана. Рохъоялъ беэн гьабураб ракьалда овощал лъик1 рижула. Щивас к1и-к1и ведро рохъдол босун бач1ана.

Их щвана. Г1азу биунеб бук1ана. Лъимал, белалда х1арщ рек1унареб х1алалда, кьерал рухъизе ва рахъал гьаризе лъугьана.Хьон хьазе кколеб куцги учительницаялъ бицана. Ламадуралъул г1исинал хьоназда т1аде дагьабго ракь хъваниги г1ола. Ч1ах1иял хьонал хьалеб мехалъ, гьезие рахъ гъварид гьабизе ккола.

Т1оцебе паст1ан ч1обогояб бак1 г1адин бук1ана. Амма, т1аде ц1ад барабго, мухъ-мухъккун ч1араб жо т1аде баккарабго, г1урччинлъиялъул ц1уна. Паст1аниб ц1ия-ц1ияб баккулеб бугеб г1урччинлъиялде лъималазул гъира кколеб бук1ана. Гьале, ракьулъа къват1ире ракун рач1ана ламадуралъул г1урччинал г1уч1ал г1адал т1анхал. Ч1алк1ут1аналъул т1анхалги парпадизе лъугьана. Цо хурхине бак1ги къвариг1ун, т1урт1удулеб хилъалодул рач1ги бук1ана.

Лъимал цох1о рекьарал жал т1аде раккиялъухъ балагьун ч1олел рук1инч1о. Гьез т1аде раккаразе к1удиял г1езеги кумек гьабулеб бук1ана. Паст1ан ч1аралеб, ч1ах1алдаса бац1ц1ад гьабулеб бук1ана. Свак лъач1ого х1алт1ана гьел.


написать администратору сайта