Дарсил ятаб
| Муг1лимасул х1аракат
| Ц1алдохъабазул х1аракат
| Заман
|
1. Байбихьи.
| -салам кьей ;
-дарсие х1ажатал х1адури; Ассаламу г1алайкум, Аваразул миллат – мац1, Адаб кьоч1ое лъураб, Ахир рокьуе гьеч1еб.
Армяназул пашманлъи
Арарат мег1ер буго.
Аваразул пашманлъи –
Авар мац1 лъач1ел лъимал. -Лъимал, лъалищ нужеда гьал коч1ол мухъазул автор щивали?
-Кинал маг1арулалха гьел кколел гьезда рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 магIарул мацI лъазабизе. Жакъа нилъер дарсил тема буго прилагательное.
| -муг1лимасе салам кьей;
-дарсие х1ажатал алатал х1адури;
-Муг1алимгун гара-ч1вариялде лъугьина;
| 5 мин.
|
2. Рокъобе х1алт1иялъул хал гьаби
| Арал темабазда т1асан фронталияб гьикьи гьабила, гьез жавабал кьела:
1)Предметияб цIар сунда абулеб? Мисал баче.
2) РекIехъе падежазул суалал рице. 3) Авар мацІалда цІиял рагІаби лъугьаналъе кинал къагІидаби ругел? Мисал баче.
4) Журарал рагІабазул битІунхъвай бице. Мисал баче.
5) Журарал къокъ гьарурал рагІаби кин цІалулел? Мисал баче.
Предложениялъул членазде риххе кьела.
Исана хинаб хасел бачІана.
Исана хасел хинаб буго Предметияб цIаралъул морфологияб разбор. (хасел)
(Муг1алимас хъвазе кьун бук1араб х1алт1ул хал гьабила)
| Муг1алимасул суалазе жавабал кьела;
Жидерго х1алтаби рихьизарила ва гьелъул х1асил гьабила;
| 5 мин.
|
3. Ц1ияб дарс баян гьаби
а) Словарияб х1алт1и
| Жакъа нилъеца бицине буго цIияб каламалъул бут1а –прилагательноялъул х1акъалъулъ. Хъвай, лъимал, нужеца дарсил тема тетрадазда.
Морфология ккола мацІазул гІелмуялъул цо бутІа. Гьелда гъорлъе уна:
1)каламалъул бутІаби
2)гьезул грамматикиял гІаламатал
3)каламалул бутІаби формабазде хисиялъул къагІидаби. Прилагательное нилъеда батула художествияб литератураялда куч1дузулъ ва харбазулъ.
Прилагательное абула предметалъул гІаламатал рихьизарулеб ва кинав? (-б, -й, -л,) абурал суалазе жаваблъун бачІунеб каламалъул бутІаялда: цІакъав вас, цІакъаб чу, цІакай яс. Прилагательное хисула жинсазде ва формаялде.
Прилагательное предметияб цІаргун рекъон ккола жинсалъулъги цолъул ва гІемерлъул формаялъулъги: лебалав чи, лебалай чІужу. Прилагательное бикьула лъабго бутІаялде: качествиял, гьоркьоблъиялъулал ва бетІергьанлъиялъулал прилагательноял: Качествиял ккола жидеца загьир гьабулеб хасият, сипат батІи-батІияб даражаялъул букІунел прилагательноял. Мисалал: цІакъаб чу буго гьаб; цобцояб жеги цІакъаб буго; бищунго цІакъаб къватІибго бачІун гьечІо.
Материалалдехун, бакІалдехун, заманалдехун предметалъул бугеб хурхен бихьизабула гьоркьоблъиялъул прилагательнояз.
Мисалал: гІарцулаб рачел, жакъасеб къо. Гьоркьоблъиялъул прилагательноялъул дандекквеялъулаб даража букІунаро.
Предметалъул гьоркьоблъиялъулаб бетІергьанлъи загьир гьабула бетІергьанлъиялъулал прилагательнояз: инсулаб тІалаб, борхьилаб хасият.
Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьела:
Азал-мегIералда цIар
Алхар- мегIералда цIар
КIкIал – ущелье
Щар- кефир
Къапила -толпа
| К1вар кьун муг1лимасухъ г1енекки ;
Бич1ч1улареб жо кканани , суалал кьела ;
Мисалалъе рачарал раг1аби , раг1абазул дандраял , предложениял жидерго тетрадазде хъвала.
Мисалалъе рачарал раг1аби , раг1абазул дандраял , предложениял жидерго тетрадазде хъвала.
Жидерго словаразда хъвазе;
| 10 мин.
|
4.Практикиял х1алт1аби
а) берзул диктант
| Х1алт1и №1 гьум.60 (Жидеца сипат-сурат гьабулел предметиял цIаралгун цадахъ прилагательноял ратIа росун хъвазе. Предметияб цIаралдасан суал лъезе -Лъимал, гьаниб Абакар ТIагьировас «ГIандадерил ралъадалъул» дурусаб сурат цебе чIезабун буго. Абакар вукIана гьунар бугев журналист, хъвадарухъан ва шагIир. Гьев КIудияб ВатIанияб рагъда шагьидлъана.
(Учителас К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабила) Х1алт1и №5, 61 гьумер. (ГъалатI биччачIого 40 секундалде кIочIол текст цIализе тIамила. Тексталда ругел прилагательноял ратIа росун хъвала. Гьезде предметиял цIараздасан суалал лъезе тIамила
| Муг1алимасул нухмалъиялда гъоркь, доскаялда ва жидерго тетрадазда хъвала.
Предложениялда т1асан гара-ч1вари гьабизе; Т1ехьги къан, текстги рак1алда ч1езабун, тетразда хъвазе лъугьина;
| 15 мин.
|
5. Цияб тема щула гьаби.
| (ХIаял)
1. «Бищунго хехав»
(Предложениял членазде рихизе. ТIоцебе хIалтIи тIубарав лъабгоясе къимат лъела.)
А) ЛъикIай Асма цIалдолей йиго. Нижер Асма лъикIай йиго.
Б)Къинаб гIака рокъоб тана. Гьаб гIака кинаб буго.
В) ЧIухIараб шагьаралде щвана ниж. Гьазул шагьар чIухIараб буго. 2.«Лъалищ нужеда?»
Лъимал, лъалищ нужеда лъица гьал коч1ол цIар ва автор щивали? А) Вач1унев вихьула лъабго нухлулав
КIал ч1ег1ераб х1ама цебеги къот1ун. Б) Пилалъ халатал къалал
Доре -гьанир хьвагIана,
Гьелъул хванхилъги рекIун,
БакI ккун, цIунцIраги чIана.
| Жалго жидедаго ч1ун, т1адкъай т1убазабила;
Тетрадазда хъвала ;
Лъималазул жавабал:
(Халкъияб кечI «МугIрузул ГIали») (ЦI. ХIамзат «Пилги ЦIунцIраги)
| 5 мин.
|
6. Дарсил хӀасил.
| Суалал:
Прилагательное сунда абулеб?
Прилагательное гІемерисеб мехалъ кинаб предложениялъул членлъун кколеб?
Гьоркьоблъиялъул прилагательнояз щиб бихьизабулеб? Къимат кьей.
| Лъималазул жавабал ;
Дневникал кьела, кьиматал лъезе
| 3 мин.
|
7.Рокъобе х1алт1и
| -Лъимал, нилъер росдал ракьалда руго гIемерал бакIал. Гьел бакIазда лъурал цIарал гIуцIун руго батIи-батIиял каламалъул бутIабаздаса. Прилагательное гъорлъ бугеб бакIазда цIарал( топонимал) хъвай
| Лъималаз рокъобе т1адкъай тетрадазда ва дневниказда бихьизабила.
| 2 мин.
|