Главная страница
Навигация по странице:

  • Дарсил х1асилал: Предметиял: Лъазе

  • К1везе

  • УУД. Регулятивные

  • Познавательные

  • Коммуникативные

  • Басриябги ц1уне, ц1иябги лъай

  • разработка. 8 кл Авар мац1алъул рагьараб дарсил план. Тайпа цоял членал


    Скачать 3.91 Mb.
    НазваниеТайпа цоял членал
    Анкорразработка
    Дата26.05.2022
    Размер3.91 Mb.
    Формат файлаdocx
    Имя файла8 кл Авар мац1алъул рагьараб дарсил план.docx
    ТипДокументы
    #551523

    Авар мац1алъул рагьараб дарсил план. 8 класс

    Тема: Тайпа цоял членал

    Дарсил мурадал: Малъулеб материал бич1ч1иялъе ва лъаялъе шарт1ал ч1езаризе; Предложениялда жанир тайпа цоял членал ратизе; тайпа цояллъун ккун рук1унел предложениялъул членазда ц1ар ч1вазе; синтаксисалъулаб бич1ч1и гъварид гьабизе; ц1алдохъабазул пикрияб х1алт1и цебет1езе; жидецаго гьабулеб х1алт1и бич1ч1ун, лъан гьабизе куцазе; жидерго х1аракаталъе къимат кьезе бажаризе.

    Дарсил х1асилал: Предметиял: Лъазе: Тайпа цоял членазда ц1ар ч1вазе, предложениялда жанир т.ц.членаллъун кинал кламалъул бут1аби ккун ругелали баян гьабизе, щиб предложениялъул член тайпа цояллъун ккун бугебали. К1везе: к1алзулаб ва хъвавулаб каламалъулъ т.ц.ч. х1алт1изаризе, предложениял г1уц1изе . Метапредметиял:Кьералккунги группабаздалъунги т1обит1улеб х1алт1ул навыкал щула гьари. Халгьабиялъул, дандекквеялъул, мац1алъул г1уц1иялъул анализ гьабиялъул бажари цебет1ей. Жидерго ц1алул х1аракаталъул къимат гьабизе бажари. Напсиял:Чияр пикруялъухъ г1енеккизе ва х1урмат гьабизе куцазе; жидерго гьабураб х1алт1ул т1алабчилъи, цоцаздехун лъик1аб бербалагьи куцазе, Дагъистаналъул тарих лъазабизе гъира бацаби, Ват1аналдехун рокьи ц1ик1к1инаби.

    УУД. Регулятивные: Низамалде ккеялъулал жидерго халкквеязда рекъон пикру х1алт1изе лъазе; дарсил рич1изе кколеб масъала ( проблема урока) лъазе ва цебеч1езабизе гьеб бичизе лъазе; жиндирго х1аракаталъул мурадалги масъалабиги данде кквезе; гьабураб х1алт1ул цебет1ей бихьизе, щиб къадаралъ гьабурабали лъазе. Познавательные: Нахъг1унт1иялъулал, бич1ч1унлъаялъулал т1адкъаязул ва жидецаго гьабулеб х1алт1ул аслияб маг1на загьир гьабизе к1везе,бажаризе; малъараб г1аммлъизабизе бажаризе;зах1малъи ккараб бак1алда лъалеб теория х1алт1изабун, гьеб бигьалъиялде ккезабизе к1вей; Жидерго пикру маг1наяб къаг1идаялда г1уц1изе бажаризе. Коммуникативные: Цоцалъ гъункарал Муг1алимасулгун классцоялгун цадахъ гьабулеб х1алт1и тартибалде ккезабизе бажари; калам бит1ун г1уц1изе бажаризе; жиндирго пикру кьуч1 бугеб, мух1канаб бак1алде ккезабизе к1везе.

    Дарсил алат: ц1алул т1ехь, презентация, бикьулеб материал, компьютер.

    Дарсил эпиграф:

    «Басриябги ц1уне, ц1иябги лъай» кици.

    Дарсил ин

    1. Класс г1уц1иялъул лах1зат.

    Муг1алим:

    Дир къоял унел руго Эркенаб г1умруялда, Анищаз хиялал ккун, Хиялаз анищал ккун. Сонал лъедолел руго Даимаб талих1алда, Г1адамазда дун ватун, Дида г1адамал ратун. Г1умру къалъулеб буго, Къоял гвангъулел руго Дие г1адамал рокьун, Г1адамазе дун вокьун.

    -Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мах1амадил гьал маг1на гъваридал раг1абаздалъун дир рахъалдаса нужее жеги маг1на гъваридаб, берцинлъиги, т1адег1анлъиги жиндилъ бугеб, г1аданлъи-чилъиялъе каву рагьулеб Ассаламу г1алайкум!

    -Жакъа авар мац1алъул дарс кьезе буго дица, ц1арги дида буго Мухтар Мух1аммадкамилович. - Дир хьул буго жакъа нилъ цоцадаги рич1ч1илин, жакъасеб дарсил асар пайда бугеблъун бук1инин нужееги. Рахъининха сапаралъ, рази ругищ? Сапарги буго нилъер грамматикаялъул г1ажаибаб дунялалде.

    Бицея, лъимал, сапаралъ рахъунелъул щиб нилъеца цадахъ босизе кколеб? (сапаралъ къвариг1унебщинаб) Мисалалъе рохьоре унелъул, маг1арде унелъул (рик1к1ина къвариг1унеб алат). Гьединго жакъасеб сапаралъ рахъунагоги нилъее къвариг1уна нахърател. Рач1а нилъеца такрар гьабизе цебехун малъараб, гьебги такрар гьабила ц1ияб маргьаги ургъун. ( байбихьила маргьаде)

    «Морфология абураб ракьалда»

    Нек1о заманалда Морфология абураб г1ажаибаб ракьалда г1умру гьабулеб бук1ана Калам абун ц1ар бугеб къавмалъ. Г1емераб заман ана гьеб къавм ишарабаздалъун, гьаркьаздалъун г1умруялъе къвариг1араб жо т1алаб гьабулаго. Дагь-дагьккун г1умруялъул шарт1алги г1емерлъун, т1алабалги ц1ик1к1ун, гьеб Калам къавмалъулъ загьирлъизе лъугьана бат1и-бат1иял бут1аби.

    Т1оцебе загьирлъана Предметияб ц1ар абураб бут1а. Гьелъ байбихьана жинда бихьарабщинаб жо баян гьабизе, ц1ар ч1вазе, предмет бихьизабизе, маг1на кьезе ва бихьа-бихьаралда Щиб? Щив? Щий? Щал? абун гаргадизе.

    К1иабизе загьирлъана Прилагательное абураб бут1а. Гьелъ байбихьана гьагъаб Предметияб ц1аралъ маг1на кьолел предметазул г1аламатал рихьизаризе ва Кинаб? Кинав? Кинай? Кинал? абурал суалалги х1алае ккун яшав гьабизе.

    Предметияб ц1аралдаги прилагательноялдаги цадахъ, цого заманалда г1адин Калам къавмалъулъ загьирлъана Рик1к1ен абураб бут1а. Гьебги лъугьана киналго дандч1варалщинал предметазул къадарги иргаги баян гьабизе, ва щибалда Чан? ва Чанабилеб? абун гьикъардизе.

    Гьеб Морфология абун ц1ар бугеб ракь гьарзаябги, гьава лъик1абги, лъим гьуинабги бук1ун, Калам бечелъизе лъугьана. Цинги Предметияб ц1ар ургъана жиб к1удиябги бугин, киналго бут1абазул т1алабги жинде кколеб бугин, цо киналго жанире руссине хъала бан лъик1илан. Цогидал бут1абазулгун руккел- дандбайги гьабун, Предметияб ц1аралъ бич1ч1изабуна хъала абураб раг1иялъул маг1на.

    Прилагательное ургъана хъала кинаб бак1алда бан лъик1илан, Рик1к1ен ургъана чан т1алаялъул гьеб бук1инеб ва чанабилеб т1алаялда жиндиего бок1он гьабилебан.

    Гьеб макъаналда щибалъ жинди- жиндир х1алт1и гьабун, къвариг1араб мехалъ цоцазе кумек гьабун рук1арал гьал гьудулзабазда бихьана кумек х1ажатабщинаб бак1алде бортулеб цоги ц1ияб бут1а. Г1емерал гьикъаридал гьезда лъана гьеб бут1а Ц1арубак1 бук1ин. Киназулго гьудуллъиги щулалъана, Ц1арубак1 гьаб лъабгоялъе кидаго х1алаеги бахъулаан.

    Гьеб х1алалда Морфология ракьалда Калам къавмалъул бут1абаз яшав гьабулаго Предметияб ц1аралда бич1ч1ана жинца маг1на кьолеб предметалъе цо щибниги жо камун, дагьаб г1унгут1иялда бук1ин. Кисан бач1арабали лъач1ого, т1аде щвана цоги бут1а. Г1ажаиблъи гьабун, гьикъардун, гьеб бут1аялъ бицана жинда ц1ар Глагол бугилан ва цебегоялдаса нахъе жинца гьеб предметалъ гьабураб иш ва гьелъул ах1вал-х1ал баян гьабулеб бук1анилан. Кутакаб гьоболлъиялда Глаголги къабул гьабуна Каламалъул бут1абаз. Гьоркьоб заман иналде Глагол бицалъана, кьаралъана,бат1и-бат1иял г1аламатал загьирлъизе лъугьана. Гьеб х1алалда гьудулзаби рук1аго циндаго гьезда раг1ана КИН? ЩИБ КУЦАЛДА? КИДА?,КИБ? ЩАЙ? СУНДУЕ Г1ОЛО? йилан гьикъарулеб цоги бут1а, гьебги батана Наречие, гьанже камиллъана Калам, бан раг1алде бахъана Морфологиялдаго нур базабулеб хъала. Гьале гьебги.



    --- Лъимал, рек1ее г1унищха нужее гьаб маргьа?

    --- Гьенир рехсарал гьел каламалъул бут1абазул х1акъалъулъ нужеда щиб раг1ун бук1араб, лъимал? ( Ц1алдохъабаз щибаб каламалъул бут1абазул характеристика кьела, мисалал рачина)

    --- Гьаб маргьа жеги лъуг1ич1ин, ахир гьалъул кколеб буго ц1акъго г1ажаибаб, цогидал маргьабазулго г1адинаб. Рач1аха х1асил кинаб кколеб бугебали лъазе хадусебги ц1ализин.

    Морфологиялда берцинаб куцалда г1умру- яшав гьабулаго, каламалъул бут1абазда гьоркьоб рохалилаб хабар т1ибит1ана Глаголалъул Прилагательноялъухъ рокьи ккун бугилан. Гьабилеб щиб, телеб щиб, тунги щиб, теч1огоги щиб - х1укму ккана Калам къавмги бечелъизе, г1умруги ц1илъизе Глаголалъе Прилагательное ячараб, Морфологиялдаго ц1ар раг1араб бертин гьабизе.



    Ана гьоркьоб заман ва гьезие гьаюна т1олабго улка къалъизабулеб берцинлъиялъул нур бугей яс. Г1емерал ургъун, ругел сипатазухъ балагьун, гьей ясалъе Причастие абураб ч1урканаб ц1арги кьуна ва жеги берцинаб, аваданаб г1умруялда т1адаз т1адаб х1алт1иги, къвариг1ралъуб цоцазе кумекги гьабулаго заман ине байбихьана.

    ( гьаб бак1алда ц1алдохъаби жалго т1амила деепричастиялъе маргьа ургъизе) ?????

    Гьалеха, лъимал гьал каламалъул бут1абазул, раг1абазул формабазул ва гьезул грамматикиял к1варазул бицунеб мац1алъул х1акъалъулъ бугеб г1елмуялъул бут1аялда морфология абула. Гьал киналго бут1абаз маг1на кьолел раг1абаздаса г1уц1ун рук1уна предложениялги. Предложениялъулъ бугеб мехалда щибаб раг1и кола предложениялъул членлъун. Предложениязул г1уц1иялъул бицунеб мац1алъул х1акъалъулъ бугеб г1елмуялъул бут1аялда синтаксис абула( гьаниб абила каламалъул бут1аби ругин актёрал, предложениялъул членал ругин гьез т1уразарулел ролалин)

    (гьанже такрар гьарила предложениялъул членал)

    Доскаялда хъвала предложение Сонэбелалъдиетукадасалъик1абчанагъбосана. гьабила разбор

    - Лъимал хал гьабея экраналде- щал чаг1и гьал колел?(Дагъистаналъул имамзаби,рач1ая цо гьазул ц1аралги рехсон предложение г1уц1изе)

    Гъазимух1аммадги, Х1амзатги,Шамилги, Мух1аммадх1ажиги, Нажмудинги бат1и-бат1ияб заманалда Дагъистаналъул имамзабилъун рук1ана.

























    Слайд1 ( Малла Насрудинил ккараб)



    Малла Насрудин вук1ун вуго рет1ел букъулеб бак1алда х1алт1улев. Насрудин бег1ераб,маг1наяб,кепаб раг1и абизе, махсаро гьабизе лъалев чиги вук1ун, г1адамазе вокьулев вук1ана. Гьебго росулъ г1умру гьабун вук1ана дунялалда къарумав, хъант1арав, х1алихьатав цо базарган Хважаги. Цо къоялъ базарганас х1укму гьабунила сундулъниги Насрудинидаса дунги къурав гьеч1о; раг1и абизеги, махсаро гьабизеги, г1адамаз х1урмат гьабулевлъун вук1инеги дидаги к1олин, гьев махсароде кквезе.

    -Ассаламу г1алайкум, Насрудин, сахлъи кьейги дуе, гьабулелъулъ лъуг1ел кьейги,букъараб щула ч1аги! -Ваг1алайкум Ассалам, х1урматияв Хважа, вач1ая г1одов ч1а, щиб бугеб хабар? -Насрудин, дир г1емер заманги гьеч1о, дуда лъалаха, дица г1емерал ракьал сверана шагьарал, росаби, улкаби - х1ет1 лъеч1еб бак1 теч1о. Гьаб дир чухъа дагьаб басралъун буго, дуца, Насрудин , букъе дие ц1ияб, багьаги дуе дуца абуралдаса ц1ик1к1арабги кьела. – Щиб хабар, букъила, кинаб кьералъул, халалъи-къокълъиялъул букъилеб? -Дуца букъе хъах1абги гуреб, ч1ег1ерабги гуреб, г1урччинабги гуреб, баг1арабги гуреб, хъах1илабги гуреб, т1огьилабги гуреб, чарабги гуреб, ц1акъго къокъабги гуреб, т1олго халатабги гуреб чухъа. Гьебги абун Хважа Насрудинил ах1вал-х1алалъухъ балагьун ч1ана цинги абуна: -Кидаха дун чухъа босизе вач1инев? -Лъик1 буго, мун вач1а итниялъги гурев, талаталъги гурев, арбаг1алъги гурев, хамизалъги гурев, рузманалъги гурев, щаматалъги гурев, гьат1аналъги гурев. Насрудин махсароде кквезе бажарич1ев базарганас гьеб рахъ-мухъго тола.

    Бегьилищ, лъимал, инсан махсароде кквезе, гьев г1адовег1ан гьавизе? ( жавабал).







    написать администратору сайта