Главная страница
Навигация по странице:

  • Программаялъулаб къо-моц1 Х1ужжаялъулаб къо-моц1

  • Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ IX классалъул ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал

  • Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола

  • Аварский язык 9 класс. Авар адабият 9 класс 66 саг1ат. Тема Саг1тазул къадар


    Скачать 38.27 Kb.
    НазваниеТема Саг1тазул къадар
    АнкорАварский язык 9 класс
    Дата17.04.2023
    Размер38.27 Kb.
    Формат файлаdocx
    Имя файлаАвар адабият 9 класс 66 саг1ат.docx
    ТипЛекция
    #1067515

    Авар адабият 9 класс

    п/п

    Дарсил

    тема

    Саг1тазул къадар

    Дарсил

    тайпа

    Дарсил

    мурад

    Рокъобе х1алт1и

    Программаялъулаб къо-моц1

    Х1ужжаялъулаб къо-моц1

    1

    1950-1990 аб. соназда авар адабият

    1

    Лекция

    1. Адабият халкъалъул г1умруялда хурхараб бук1ин бихьизаби. Жамаг1аталъул пикру цебет1еялъе миллияб адабияталъул квербакъи ва лъайгун тарбия кьеялъе гьелъул бугеб к1вар бихьизаби

    1950-1990 аб. соназда авар адабият







    2

    Расул Х1амзатовасул г1умру ва адабият х1аракат

    1

    Г1амлъия-лъул

    1. Шаг1ирасул х1акъ. баянал рак1алде щвезари;

    2. Расул Х1амзатов-г1акълуялъул ва г1акъиллъиялъул г1аламат бихьизаби;

    3. Р. Х1.-Дагъистаналъул ч1ух1и вук1ин лъазе

    Расул Х1амзатова-сул г1умру ва хъвадару-хъанлъи







    3

    Дир рак1 муг1рузда буго

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Поэмаялда жанир шаг1ирас жиндирго х1акъалъулъ хасиятал загьир гьарун ругеб куц бихьизаби;

    2. Нилъерго муг1рузде ва т1абиг1аталде рокьи ц1ик1к1инаби;

    3. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. З-11







    4

    Дир рак1 муг1рузда буго

    1

    Комбин.

    1.Поэмаялъул аслияб пикру-шаг1ирасул х1асратаб, жив халкъгун вугин, гьелъулгун жиндир бухьен т1ун гьеч1ин абураб пикру бук1ин бихьизаби;

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 12-22. Кесек рек1ехъе лъазабизе







    5

    Дир Дагъистан.

    Мац1

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. «Дир Дагъистан»- инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь бук1ин бици;

    2. Нилъер мац1 ц1унизе кколеблъи бич1ч1изаи

    Гьум. 23-35







    6

    Хъвадарухъанасул зах1мат.

    Хъвадарухъанасул рит1ухълъи, лебаллъи

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1умруялъул х1акъалъулъ бици;

    2. Хъвадарухъанасул х1акъалъулъ накъит гьаби;

    3. Ц1алул бажари борхизаби.



    Гьум. 36-48







    7

    Сундасан мун данде гьабун бугеб Дагъистан.

    Гьаб улкаялда чи вижараб куц

    1

    Ц1ияб дарсс малъи

    1. Маг1арулазул г1умруялъул лъугьа-бахъиназул бици

    2. Ват1аналде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби


    Гьум. 36-48







    8

    Калам цебет1езаби. Сочинение. Жакъасеб Дагъистан

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Ц1алдохъабазул рижараб ракьалде, г1ураб Ват1аналде, т1абиг1аталде, умумузде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инабизе

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Сочинение лъугьинабизе







    9

    Эбелалде

    1

    Комбин.

    1. Лъималазде эбелалъул рокьул к1одолъи ва гъварилъи, гьезул ургъалида ва рух1алида г1умру унел улбузда цере лъимал кидаго налъулаллъун хут1и бихьизаби;

    2. Эбелалъул сипаталда ва ц1аралда цебе шаг1ирасул недегьлъи ва рек1ел т1еренлъи бихьизаби;

    3. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 49-50







    10

    Авар мац1

    1

    Комбин.

    1. Бит1ун ва чвахун ц1алиялъул бажари борхизаби;

    2. Авар мац1 нилъер рух1ияб бечелъи бук1ин бихьизаби;

    3. Умумуз ирсалъе тараб гьеб хазина наслабазе ц1унич1они, халкъ ц1унулареблъи бич1ч1изаби

    Гьум. 50-52. Кесек рек1ехъе лъазабизе







    11

    Милъиршаби

    1

    Комбин.

    1. Маг1арул т1абиг1аталъул ва г1адамазул рук1а-рахъиналъул сурат к1удияб рокьиялда ва махщалида бихьизабун бугеб куц бихьизаби;

    2. Милъиршо кинаб х1инч1лъун бихьизабун бугебали бихьизабизе лъай;

    3. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 52-53







    12

    Класстун къват1исеб ц1али

    «Дир Дагъистан» (кино)

    1

    Класстун къват1исеб ц1али

    1. Расулил творчествоялде рокьи ц1ик1к1инаби










    13

    Г1абдулмажид Хачалов.

    Хваразул ц1аралдасан

    1

    Ц1ияб дарс бици

    1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари;

    2. «Бах1арчиги х1алихьатги цого хабалалъ лъола, халкъалъин абуни, цоясе бет1ер къулула, цоясе наг1ана кьола» абураб халкъияб абиялъе баян кьезе;

    3. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 54-57







    14

    Хваразул ц1аралдасан

    1

    Комбин.

    1. К1удияб Ват1анияб рагъда халкъалъ бихьизабураб бах1арчилъи, къвак1и, къох1ехьей бач1унеб г1елалда к1очене бегьулареблъи бич1ч1изаби;

    2. Ц1алдохъабазу ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 57-61







    15

    Хваразул ц1аралдасан


    1

    Анализ гьаби

    1.Нилъер советиял бах1арчиял г1адамазе къимат кьей;

    2.Ц1алул бажари борхизаби;

    3.Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ куци.

    Гьум. 61-66.

    Кесек рек1ехъе лъазабизе







    16

    Калам цебет1езаби. Кеч1 ц1али

    1

    Калам цебет1езаби

    Ц1алдохъабазул пасих1го ц1алиялъул бажари борци ва цебет1езаби










    17

    Муса Мух1амадов. Манарша

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе.

    2.Аслиял героязулгун лъай-хъвай гьаби.

    Гьум. 67-73







    18

    Манарша

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Къиса ц1али. 2.Маг1арул г1олилазул г1уц1арухъанлъи ва рух1ияб дунялалъул г1ат1илъи бихьизаби


    Гьум. 73-87







    19

    Манарша»

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Манаршал г1умруялда жаниб эбел Гулжагьаница, Катуралъ, муг1алималъ кколеб бак1 бихьизаби.

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 87-97







    20

    Манарша


    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1амал-хасияталъул бици.

    2. Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби


    Гьум. 97-108







    21

    Манаршал образ


    1

    Анализ гьаби

    1.Манаршал образалъе къимат кьей.

    2.Манарша-доярка, коч1охъан, кьурдухъан йик1ин бихьизаби.










    22

    Класстун къват1исеб ц1али.Инхоса Г1алих1ажияв

    1

    Класстун къват1и

    себ ц1али

    1. Инхоса Г1алих1ажияв-г1акълудал ва г1елмудул ралъад вук1ин бихьизаби ;

    2. Г1алих1ажиясул хъвадарухъанлъиялде рокьи ц1ик1к1инаби;

    Кеч1 рек1ехъе







    23

    Х1ажи Гъазимирзаев. Васасде

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Шаг1ирасе умумузул г1амал- хасият, хирияб ракь, маг1арул халкъалъул хиралъи бихьизабизе

    2. Ц1алдохъабазда адаб-х1урматалъул к1одолъиялъул ва гьелъул гьунаралъул к1одолъи бич1ч1и;

    3. Ц1алдохъабазул бажари борхизаби

    Гьум. 109-110 Рек1ехъе лъазабизе







    24

    Гьудуласде.

    Лъалхъуге, дир барти

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Ц1алдохъабазул гьудуллъиялде рокьи ц1ик1к1инаби;

    2. Умумузул г1амал хасият, миллияб мац1 маг1арул халкъ-шаг1ирасул гьунаралъул аслияб тема бук1ин бич1ч1инаби;

    3.Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 110-111







    25

    Машидат Гъайирбекова. Эбелалъул рак1

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Шаг1иралъул г1умру ва адабияб х1арактчилъиялъул бицине;

    2. Ц1алдохъабазул эбелалде дагьабги адаб-х1урмат ц1ик1к1ине гьаби;

    3. Ц1алдохъабазул бажари борхизаби

    Гьум. 112-113

    Рек1ехъе лъазабизе







    26

    Эбелалъул кеч1. Коч1олъ батана дир рух1

    1

    Ц1ияб дарс бици

    1. Улбул нилъер бечелъи бук1ин бихьизаби;

    2. Ц1алул бажари борхизаби;

    3. Маг1арул ч1ужуг1аданалъул къадру, намус, зах1мат, гьелъул напс ва т1адег1анлъи к1одо гьаби-Машидатил аслияб тема бук1ин бихьизаби

    Гьум. 113-115







    27

    Калам цебет1езаби. Сочинение. Эбел

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Эбелалде бугеб бербалагьи ва рокьи ц1ик1к1инаби;

    Сочинение лъуг1инабизе







    28

    Класстун къват1исеб ц1али. Маг1арул коч1ол хазина

    1

    Класстун къват1исеб ц1али

    1. Халкъиял к1алзул гьунаралъул асаразде рокьи ц1ик1к1инаби;

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    3-5 кинидахъ ах1улеб кеч1 рек1ехъе лъазабизе







    29

    Фазу Г1алиева. Кини

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Фазул г1умру ва адабияб х1аракат.

    2. Советиял г1адамаз рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъул бици;

    3. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 116-119







    30

    Кини

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Аслиял героязе къимат кьей;

    2. Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи бихьизаби.

    3. Васасде ва йик1инесей нусалде Халунил бугеб бербалагьи бихьизаби

    Гьум. 120-125







    31

    Кини. Анализ

    1

    Анализ гьаби

    1. Аслиял героязе къимат кьей;

    2. Хабаралъул анализ гьаби

    Кесек рек1ехъе лъазаби







    32

    Г1абасил Мах1амад.

    Саба-Меседо

    1

    Ц1ияб дарс бици

    1. Г1абасил Мах1амадил г1умруялъул ва хъвадарухъанлъия-лъул бици;

    2. Аслиял героялгун лъай-хъвай гьаби;

    3. Ролазде бикьун, ц1али

    Гьум. 126-136







    33

    Саба-Меседо

    1




    1. Ролазде бикьун ц1али;

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 136-147







    34

    Саба-Меседо


    1




    1. Ролазде бикьун, ц1али;

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 147-174







    35

    Саба-Меседо


    1




    1. Ролазде бикьун, ц1али;

    2. Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 174-186







    36

    Саба-Меседо. Анализ

    1

    Анализ гьаби

    1. Ц1алдохъаби аслиял героязе къимат кьезе т1ами;

    2. К1алзул калам цебет1езаби










    37

    Калам цебет1езаби. Сочинение. Меседил квералищ, меседил сах1ищ?

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Ц1алдохъабаз кверзул махщилиеги меседил сах1алъеги кьолеб къимат лъазе;

    2. Ц1алдохъабазул к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Сочинение лъугьинабизе







    38

    Класстун къват1исеб ц1али. Г1абасил Мух1амад. Анлъжугьаби


    1

    Класстун къват1исеб ц1али













    39

    Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. Къаралазул г1ор

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Шаг1ирасул лирикаялъул х1акъалъулъ баян кьей

    2. Т1абиг1аталде шаг1ирасул бугеб рокьи бихьизаби

    Гьум. 187-188 Рек1ехъе лъазабизе







    40

    Рач1а гьудулзаби.

    Г1андадерил х1ор

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Ват1ан, г1агараб халкъ хиралъи, инсанасул намус-ях1, г1амал-хасият, шаг1ир ва заман, шаг1ир ва поэзия Шахтамановасул аслиял темаби рук1ин бици;

    2. Ц1алдохъабазул ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 188-190







    41

    Г1арип Расулов. Хазина

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1арип Расуловасул г1умру ва адабияб х1аракат;

    2. Хабар ц1али;

    3. Аслиял героязул бици

    Гьум. 191-195







    42

    Хазина

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хабар ц1али;

    2. Ц1алул бажари борхизаби;

    3. Жиндирго х1алт1удехун рокьи бижизаби

    Гьум. 195-202







    43

    Хазина

    1

    Анализ гьаби

    1. Хабаралъул разбор ва анализ гьаби;

    2. Хабаралда жаниб х1акъикъияб ва гьересияб данде тунки бихьизе лъай;

    3. Т1абиг1аталъ кьураб пагьму- гьунаралда цебе унго-унгояв устарасул рит1ухълъи ва жавабчилъи-хабаралъул аслияб пикру










    44

    Калам цебет1езаби. Художествияб асар пасих1го ц1ализе1

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Ц1алдохъабазул ц1алул бажари борцине ва борхизабизе










    45

    Багъатар.

    Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Къиса ц1али;

    2. Ц1алул бажари борхизаби;

    3. Аслиял героязул бици

    Гьум. 202-210







    46

    Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Къиса ц1али;

    2. Маг1арул г1олилазул г1умру, ц1али, анищ, къасдал, рокьи авторас махщалида бихьизабун бугеб куц бихьизаби

    Гьум. 210-218







    47

    Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Циноевасул к1игьумерчилъи бихьизаби;

    2. Месейил гъалат1 ва жинцаго жиндиего гьабураб тамих1алъе къимат кьей;

    3. Гьимат-ях1, намус, г1ишкъу ц1унизе лъалел г1олилазул цевехъан вук1ин вихьизаби

    Гьум. 218-232







    48

    Севералда бугеб дир милъиршо

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хабар ц1али;

    2. Аслиял героязул бици

    Гьум. 233-237







    49

    Севералда бугеб дир милъиршо


    1

    Анализ гьаби

    1. Анализ гьаби;

    2. Жакъасел анищал, къасдал рихьизари;

    3. Эбел-инсудехун, ч1ах1ияб г1елалдехун г1олилазул бугеб гьоркьоблъи бихьизаби

    Гьум. 237-243







    50

    Класстун къват1исеб ц1али. Имам Шамил (кино)

    1

    Класстун къват1исеб ц1али

    Шамил-хвел гьеч1ев бах1арчи вук1ин лъай.










    51

    Мух1амад Ах1мадов.

    Дие бокьун

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьезе;

    2. Ват1ан, г1умру, г1адамал, жакъасеб къоялъул рохелги, миллияб тарихги-аслияб тема бук1ин лъай

    Гьум. 244

    Рек1ехъе лъазабизе







    52

    Гьале г1азу балеб. Ч1ужуг1адан. Сардалги къоялги къацандулел


    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Куч1дул ц1али ва разбор гьаби;

    2. Ц1алдохъабазул ц1алул бажари борхизаби;

    3. Заманалда цебе шаг1ирасул жавабчилъи-Ах1мадовасул лирикаялъул аслияб тема бук1ин лъай

    Гьум. 145-146







    53

    Хизгил Авшалумов. Дир мадугьал-дир тушман

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хъвадарухъанасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъиялъул баян кьей;

    2. Аслиял героязул бици;

    3.Ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 247-250







    54

    Дир мадугьал-дир тушман. Анализ

    1

    Анализ гьаби

    1. Мац1ихъанлъи ва базарганлъи гьабулел героязда авторас кьабулеб сатирияб ц1ал бихьизаби;

    2. Сары-Самад рак1бац1адав инсан вук1ин лъай;

    3. Героязе къимат кьей

    Гьум. 250-253







    55

    Калам цебет1езаби. Сочинение. Нижер мадугьалзаби

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Мадугьал-рик1к1ад вугев вацасдаса цевесев вук1ин лъай;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Сочинение лъугьинабизе







    56

    Нурадин Юсупов.

    Гьавураб къ

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ къокъаб баян;

    2. Поэма ц1али;

    3. Ц1алул бажари борхизаби;

    4. Зах1мат бокьулев чи кидаго мурадалде щолеблъи бихьизаби

    Гьум. 154-158







    57

    Гьавурав къо. Анализ

    1

    Анализ гьаби

    1. Х1алт1уца гурони инсан берцин гьавуларо, гьесул маг1ишат цебет1уларо-поэмаялъул аслияб пикру бук1ин бич1ч1изаби;

    2. Анализ гьаби;

    3. Ц1алул бажари борхизаби


    Гьум. 258-260







    58


    Феликс Бахшиев.

    Минаялда т1ад бомба


    1


    Ц1ияб дарс малъи


    1. Хабар ц1али;

    2. Рак1бац1ц1адго х1алт1улев, гьунар т1ок1ав хирургасул намус-ях1 г1арцул сайигъатаз чурун, чучлъулеб куц, жиндаго лъач1ого, гьесул г1амал-хасият хисулеб бук1ин бихьизаби;

    3. Сайгъатилан ришват боси-советияб заманалъго г1адатияб жолъун лъугьин бихьизаби. Гьанже к1алгьикъун гьеб бахъулеб бугеблъи-рух1ияб асар г1арцухъ хисиялъул х1асил лъай

    Гьум. 261-270








    59

    Ах1мадхан Абу-Бакар.

    Даргиязул ясал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал.

    2. 1-себ бет1ер ц1али

    Гьум. 271-274







    60

    Даргиязул ясал

    1




    1. 2 бет1ер ц1али;

    2. Разбор гьаби


    Гьум. 274-281







    61

    Даргиязул ясал

    1







    Гьум. 281-286







    62

    Даргиязул ясал

    1

    Анализ гьаби

    1. Къисаялъул анализ гьаби;

    2. Аслиял сипатал рагьи ва гьезие къимат кьей;

    3. Намуслъиялъ ва г1аданлъиялъ ч1ужуг1адан берцинлъизаюлеблъи бихьизабизе лъай

    Гьум. 286-295







    63

    Ибрагьим Х1усейнов.

    Имам Шамилги ягьудияв Юсупги

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1умруялъул х1акъалъулъ баянал кьезе;

    2. Имам Шамилил х1акъалъулъ баян кьезе;

    3. Кеч1 ц1али



    Гьум. 296-299







    64

    Имам Шамилги ягьудияв Юсупги. Анализ

    1

    Анализ гьаби

    1. Шамилил х1аракаталъе шаг1ирас кьолеб къимат бихьизаби. Эркенлъи ц1унулеб халкъ-камилаб бук1ин-поэмаялъул аслияб пикру бук1ин лъай










    65

    Ах1мад Жачаев. Гъот1орк1о.

    Гьит1инав чанахъан

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1исинал лъималазул г1умру ва гьезул рух1ияб дуниял бихьизабизе авторасул бугеб гьунар бихьизаби. Гьезул пикрабаз шаг1ирасе кьолеб рух1ияб лазат;

    2. Ц1алдохъабазул ц1алул бажари борхизаби

    Гьум. 300







    66

    Х1асил гьабиялъул дарс

    1

    Х1асил гьаби

    1. Ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езаби;

    2. Малъаралъул х1асил гьаби










    Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ IX классалъул

    ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал

    Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

    • эркенлъиялъе г1оло гьабураб маг1арулазул къеркьеялъулги ада- бияталъулги хурхен ч1езабизе;

    • лъазарурал асаразда жаниб тарихиял хаслъаби ратизе;

    • лъазарурал асаразул композиция, сюжет ва сипатал г1уц1араб тартиб;

    • лъазарурал асаразул аслиял багьадуразул г1амал-хасияталъул г1аммаб к1варалъул бицине;

    • лъазарурал асаразул жанралъулал хаслъаби ратизе;

    • критикиял макъалабазда лъазарурал асаразе къимат кьезе;

    • программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал рек1ехъе лъазе;

    Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

    • хъвадарухъанас раг1удалъун г1уц1арал художествиял сипатал цереч1езаризе;

    • асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

    • лъазабулеб асаралда жаниб, багьа­дуразул сипатазул ва сипатияб каламалъул к1вар рагьизе;

    • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

    • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

    • хъвадарухъанас раг1удалъун г1уц1арал художествиял сипат-сура- тал цереч1езаризе;

    I

    • идеябгун-художествияб хаслъиги х1исабалде босун, асаралъул тайпа ч!езабизе. (эпосиябищ, лирикайищ, драмайищ гьеб кколебали);

    • асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

    -малъараб асаралда жаниб сюжеталъул, г1уц1иялъул, героязул об- разазул ва сипатияб каламалъул идеябигун художествияб к1вар рагьизе;

    • асаралъул идеяб маг1на рагьизе героясул бугеб к1вар ва авторас гьесие кьолеб къимат батизе;

    • асаралъул ва гьелъул героязул х1акъалъулъ лъугьараб жиндирго) пикру кьуч1аблъун гьабизе;

    - художествйял, общественниябгун-политикиял, гьединго литера- турияб критикаялъулал текстал бит1ун, дурун, раг1ун ц1ализе;

    • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

    • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

    • зах1маталъул темаялда творческиял сочинениял хъвазе (жидерго х1алт1ул х1албихьиялъул кьуч1алда ва малъарал асаразда т1асан);

    • общественниябгун-политикияб ва литературияб критикаялъулал макъалабазул къокъаб х1асил хъвазе, гьезие план г1уц1изе;

    - цо литературияб асаралда т1асан доклад яги къокъаб к1алъай х1адуризе;


    написать администратору сайта