Главная страница
Навигация по странице:

  • Авар мац1 5 класс

  • Рокъобе х1алт1и

  • Авар мац1 5-11 класс. Программаялъе баян


    Скачать 124.88 Kb.
    НазваниеПрограммаялъе баян
    Дата10.11.2022
    Размер124.88 Kb.
    Формат файлаdocx
    Имя файлаАвар мац1 5-11 класс.docx
    ТипПрограмма
    #780972
    страница1 из 7
      1   2   3   4   5   6   7

    ПРОГРАММАЯЛЪЕ БАЯН

    ...Школалъул ц1акъго к1вар бугеб масъалалъун ккола г1ун бач1унеб г1елалъе щулияб ва гъваридао лъайкьей, гьезулъ гьеб лъай практикаялда х1алт1изабизе бажари ва ругьунлъи лъугьинаби, дунялалдехун материалистияб бербалагьи бижизаби.

    Авар литературияб мац1алъул кьуч1 ккола болмац1, амма литературияб мац1 бечелъизе к1вар бугеб маг1данльун ккола киналго диалектал ва наречиял. Цогидал мац1азго г1адин, авар мац1алъги г1аммаб куцалда т1олго маг1арулазул рух1ияб бечелъи жанибе бачуна.

    Ахираб заманалда г1исинал миллатазул мац1ал церет1еялде ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго. Гьел миллатазул рук1а-рахъин цебет1еялдаго цадахъ, гьезул мац1алги бечелъула, церет1ола ва хадубккунги гьел церет1езаризе руго.

    Школалда авар ма1 мальиялда цереч1арал масъалаби.

    Авар ма1 школалда лъазабиялда цереч1арал масъалабилъун ккола: ц1алдохъабазул к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби, пасих1го ц1али камиллъизаби ва каламалъул культура борхизаби.

    Школалда авар мац1 малъиялъул мурад буго: ц1алдохъабазе фонетикаялъе, лексикаялъул, раг1и лъугьинальул ва хисиялъул, грамматикаялъул, стилистакаялъул х1акъалъулъ лъайщвей, жамг1ияб г1умруялда жаниб гьелъул к1варалъул х1акъалъулъ баянал кьей, бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул иш камиллъизари, лъималазул раг1ул нахърател бечелъизаби.

    V - IX классазда авар мац1альул курсалъул г1уц1и

    Рахьдал мац1алъул программаялда рекъон, V - IX классазда ц1алдохъабазда малъизе ккола фонетика, графика, лексика, раг1и лъугьин, грамматика (морфология, синтиксис). Гьединго ц1алдохъабазда лъазе ккола стилистикаялъул ва мац!алъул х!акъалъулъ г1аммал г1елмиял баянал. Ц1алдохъаби ругьунлъизе ккола бит1ун хъвазе, бит1ун ц1ализе, калам г1уц1изе ва лъалхъул ишараби лъезе.

    Авар мац1алъул материал гьадин бикьун буго: V, V1 ва VII классазда малъула фонетика, лексика, раг1и лъугьин, морфология ва бит1унхъвай. Синтаксис лъазабула VIII - IX классазда. Амма синтаксисалъул ва лъалхъул ишарабазул х1акъалъулъ бищун г1адатал (авалиял) баянал V классалдаго кьола, морфологияб курс синтаксисалъул кьуч1алда лъазабизе, калам цебет1езабиялъул ва пунктуациялъул х1алт1аби гьаризе рес бук1ине. Гьел церехун рехсарал рахъазул х1исабги гьабун, программаялда материал линейно-ступенчатый принципалда рекъон кьун буго. Гьединаб принципги кьоч1ое босун, «лексика», «раг1и льугьин», «предметияб ц1ар» г1адал темаби V ва VI классазда, «глагол» V, VI ва VII классазда кьун руго. «Бит1араб ва хъвалсараб калам» абураб тема V ва IX классазда малъулеб буго. Хут1арал темаби цадахъго малъизе рихьизарун руго. Такрарлъулел темаби хадусел классазда малъула гьваридго ва г1ат1идго. Гьединго программаялда дандч1вала байбихьул классазда лъималаз лъай- хъвай гьабурал темабиги. Гьединал темаби г1ат1идго малъизе ккола.

    Программаялда т1олабго материал кьун буго лъималазул г1елазул хаслъабиги х1исабалде росун .

    Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби ва гьел пасих!го ц!ализе ругьун гьари.

    Школалда авар мац1 малъиялъ ц1алдохъабазул логикияб пикру ва калам цебет1езабула.

    Калам цебет1езабиялъе цоцада хурхараб лъабго нух буго.

    Калам цебет1еялъул т1оцебесеб нух буго авар мац1алъул дарсазда лъималазул раг1ул нахърател бечед гьаби.

    Авар мац1алъул дарсазда лъималазул раг1ул нахърател бечед гьабула бат1и-бат1иял словариял х1алт1абаздалъун, учебникалда ругел ругьунлъиялъул х1алт1абазул текстаздалъун, к1алзул ва хъвавул изложенияздалъун, сочиненияздалъун.

    Ц1алдохъабазулгун словарияб х1алт1и гьабулелъул, гьел, жалго жидедаго ч1ун, рич1ч1уларел раг1аби ратизе, гьезул магТна учителасда гьикъизе ругьун гьари, словараздаса бит1ун пайда босизе лъай - бищунго к1вар бугел х1алт1абилъун ккола.

    Калам цебет1езабиялъул к1иабилеб нух буго авар литературияб мац1алъул раг1аби лъугьиналъул, гьел дандраялъул, предложениял г1уц1иялъул, бит1ун ц1алиялъул ва гь. ц. нормаби лъай. Гьеб рахъалъ программаялда (жиб-жиб темаялъул к!иабилеб пункталда гъоркь) ч1ванкъог1ун бихьизабун буго щибаб классалда лъималазе щвезе кколеб лъайги лъугьине кколеб бажариги.

    Калам цебет1езабиялъул лъабабилеб нухги буго авар мац1альул дарсазда бат1и-бат1ияб темаялъул ва жанралъул материалазда т1асан ц!алдохъаби к1алъазе ругьун гьари.

    Калам г1уц1изе ц!алдохъаби ругьун гьариялъе лъик1алан заманги бихьизабун буго. (Авар мац1алъе рихьизарурал саг1тазул щуго бут1а гьабун цо бут1а). Калам г1уц1изе ругьун гьари ц1ик1к1араб к!вар бугеб иш бугелъул. гьелъие мац1алъул программаялда жиб-жиб классалъе бат1аго темабиги кьун руго.

    Ц1алдохъанасда лъазе ккола тексталда т1ад х1алт1изе, гьелъул аслияб пикру батизе, къокъаб ва г1ат1идаб план г!уц1изе, гьелда рекъон материал тартибалдеги ккезабун, (бицунги хъванги) изложение т1обит1изе.

    Авар мац1алъул дарсазда к1вар кьезе ккола ц!алдохъабазул к1алзул монологияб калам камиллъизабиялде. Гьелъие г!оло ц1алдохъаби т1амизе ккола бат1и-бат1иял темабазда т1асан к1алъазе.

    Т1олабго лъаг1алида жанир гьарурал х1алт1абаздалъунги, изложенияздалъунги, сочиненияздалъунги ц1алдохъабазулъ бит1араб к1алзул ва хъвавул калам г1уц1иялъул бажари лъугьине буго.

    Изложениязе текстал ва сочинениязе темаби т1аса рищулеб мехалъ, гьел тарбия кьеялъул ва г1елмияб рахъалъан дандекколел рук1ине ккола.

    Ц1алдохъабазул калам цебег1езабиялъе бихьизабураб лъабабго нухалъ гьезул каламалъулъ дандч!валел г1унгут1аби ва гъалат1ал т1аг1инаризе квербакъула.


    Ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялда бухьараб буго пасих!го ц!ализе лъазабиялъул ишги.

    Пасих1го ц1алиялъул ругьунлъаби камиллъизаризе художествиял текстал (хабар, маргьа, кеч1) росула.

    Пасих1го ц!ализе лъимал ругьун гьариялъе синтаксис лъаялъулги к1удияб к1вар буго. Гьелъ рес кьола калам камил гьабизе ва цебет1езабизе.

    Бит1унхъваялъул рахъалъ бажари борхизабула, бат1и-бат1иял тайпаялъул (г1инзулаб, берзулаб, кант1изариялъулаб, баян гьабиялъулаб, творческияб г1адал) диктантал гьарун.

    Авар мац1алъул дарсазда цоги предметазулгун бухьен

    Школалда ц1алдохъабаз аслияб куцалда лъазабула литературияб мац!. Гьединлъидал щулияб бухьен бук!ине ккола адабияталъул курсалъулгун. Гьениб к1вар кьезе ккола художествиял асаразде. Гьелъ рес кьола мац!алъул цо-цо хаслъаби цереч1езаризе, раг1аби х1алт1изариялда, грамматикиял формабазда, бат1и-бат1иял синтаксисиял г1уц1абазда, тексталъул бут!абазул ва предложениязул бухьеналъул къаг1идабазда, калам х1алт1изабиялъул бат1и-батТиял рахъазда хурхарал суалал баян гьаризе.

    К1удияб к1вар буго г1урус мац1алъулгун бухьен кквеялъулги. Гьелъги рес кьола к1иябго мац1алъул грамматикиял г!аммал ва хасал рахьал ч1езаризе, ай цого классалда гьеб к!иябго лъазабулелъул, гьезул дандекколелги кколарелги рахъазул х1исаб гьабун, дарскьей чара гьеч!еб методикияб къаг1идалъун ккола. Гьебго абизе бегьула школалда лъазабулеб къват1исеб пачалихъалъул мац!алъул х1акъалъулъги.

    Авар мац1 5 класс



    Дарсил тема

    Чан саг1ат

    Дарсил тайпа

    Дарсил мурад

    Рокъобе х1алт1и

    1

    Раг1ул г1уц1и.

    1

    Такрар гьаби

    1. Цебеккун малъун бук1араб материал такрар гьаби;

    2. Суффиксазул кумекалдалъун раг1аби лъугьинаризе лъай.

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 1

    гьум. 5-6

    2

    К1ирекъарал х1арпал

    1

    Такрар гьаби

    1. К1ирекъарал х1арпал хъвалел раг1аби такрар гьари;

    2. Цо мухъидаса цогиялде раг1и бикьун боси такрар гьаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 3

    гьум. 7

    5-6 предложение г1уц1изе

    3

    Каламалъул бут1аби. Предметияб ц1ар.

    1

    Такрар гьаби

    1. Предметияб ц1ар падежазде сверизабизе лъай;

    2. Предметияб ц1аргун предложениял г1уц1изе лъазе;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 4-6

    гьум 8-9

    4

    Прилагательное Ц1арубак1


    1

    Такрар гьаби

    1. Прилагательное ва ц1арубак1 такрар гьаби;

    2. Каламалъулъ гьел х1алт1изаризе лъай;

    3. Прилагательноязул ва ц1арубак1азул бит1унхъвай рак1алде щвезабия;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 7-8

    х1. 29

    гьум. 12

    5

    Глагол. Раг1абазул диктант

    1

    Такрар гьаби

    1. Глагол, глаголалъул заманаби, г1адатал ва журарал глаголал такрар гьари;

    2. Бит1унхъваялъул ц1алдохъабазул бажари ц1ехей ва борхизаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 9-11

    гьум. 12-14

    6

    Диктант. Гъалбац1ги гьойги

    1




    1. Ц1алдохъабазул бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул бугеб бажари ц1ехей;

    2. Хъвавул калам цебет1езаби.

    Малъараб материал такрар гьаби


    7

    Синтаксис ва пунктуация
    Раг1абазул дандрай. Диктанталъул анализ

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1абазул дандраялъе баян кьезе;

    2. Аслиябги нахъбилълъарабги раг1и батизеги бат1а гьабизеги ругьун гьари;

    3. Каламалъул бут1аби такрар гьари;

    4. Диктанталъул анализ гьаби

    § 12

    гьум.19

    х1. 44

    8

    Предложение. Раг1абазул диктант

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предложениялъул х1акъалъулъ бич1и кьей;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 13

    гьум 20-24

    9

    Хабарияб, суалияб ва т1алабияб предложение. Ах1ул предложение

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предложениялъул тайпабазул бици;

    2. Хабариял, суалиял, т1алабиял ва ах1ул предложениял бит1ун ц1ализе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 15-16

    х1. 70

    гьум. 28

    10

    Сочинение. Хасалихълъи

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Ц1алдохъи сочинение хъвазе ругьун гьари;

    2. Т1абиг1аталде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    Сочинение хъван лъугьинабизе

    11

    Предложениялъул членал.

    Подлежащее

    1

    Ц1ияб мат. малъи

    1. Предложениялъул бет1ерал членал такрар гьари;

    2. Предложениялда жаниб подлежащее батизе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 16

    х1. 85

    гьум. 34

    12

    Сказуемое

    1

    Ц1ияб мат. малъи

    1. Сказуемалъе баян кьезе;

    2. Ц1алдохъаби предложениязда жанир сказуемое батизе ругьун гьари ва гьелъие суал кьезе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 17

    х1. 106

    гьум. 40

    13

    Бит1араб дополнение

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Ц1алдохъаби предложениязда жанир бит1араб дополнение батизе ругьун гьари;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 18

    х1. 113

    гьум. 42

    14

    Определение

    1

    Ц1ияб мат. малъи

    1. Определение бет1ераб гуреб член бук1ин бич1ч1изаби;

    2. Определениялъул х1акъалъулъ бич1и кьей;

    3. Предложениялда жаниб определение батизе ругьун гьари;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 19,

    гьум. 43

    х1. 125

    гьум. 45

    15

    Хъвалсараб дополнение

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хъвалсараб дополнениялъе баян кьезе;

    2. Предложениялда жаниб батизе лъай;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 20

    гьум. 46

    х1. 132

    гьум. 48

    16

    Х1ал. Раг1абазул диктант

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Х1алалъул х1акъалъулъ баян кьезе;

    2. Предложениялда жаниб х1ал батизе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 21

    х1. 143

    гьум. 51

    17

    Т1ирит1ич1ел ва т1ирит1арал предложениял

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предложение членазде биххизе лъай;

    2. Т1ирит1арал ва т1ирит1ич1ел предложениял рат1а гьаризе лъай;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 22

    х1. 148

    гьум. 53

    18

    Тайпа цоял членалгун предложениял

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Тайпа цоял членазе баян кьезе;

    2. Тайпа цоял членазулъ лъалхъул ишараби лъезе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 23

    х1. 167

    гьум. 58

    19

    Хит1аб

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Х1ит1абалъе баян кьезе;

    2. Хит1абгун предложениял г1уц1изе ругьун гьари;

    3.Предложениялъулъ гьеб бат1а гьабизе лъай;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 24

    гьум. 59-63

    20

    Контролияб диктант. Мут1иг1лъулареб ордек

    1

    Хал гьаби

    1. Бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул хал гьаби.

    Малъараб материал такрар гьаби

    21

    Г1адаталги жураралги предложениял

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Г1адатаб ва жубараб предложениязе баян кьей;

    2. Г1адатал предложениял союзазул кумекалдалъун жураразде сверизаризе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 25

    х1. 199

    гьум. 69

    22

    Бит1араб калам

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Бит1араб каламалъе баян кьезе;

    2. Бит1араб каламалъулъ лъалхъул ишараби лъеязе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 26

    х1. 215

    23

    Диалог

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Диалогалъе баян кьезе кьезе;

    2. Диалог г1уц1изе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    Суалал

    гьум. 77

    24

    Фонетика ва графика.

    Каламалъул гьаркьал ва гьел лъугьунеб куц

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Гьаркьида ва х1арпалда гьоркьоб бугеб бат1алъи лъай;

    2. Каламалъул лугбузулгун лъа1-хъвай гьаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 28

    гьум. 79- 80

    25

    Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал

    1

    Ц1ияб мат. малъи

    1.Рагьаралги рагьукъаги гьаркьазда гьоркьоб бат1алъи бихьизаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 29

    х1. 239

    гьум. 86

    26

    Алфавит

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Тартибалда бит1ун алфавит лъай;

    2. Х1арпги гьаракьги цоцаздаса бат1а гьабизе лъай.

    § 30

    гьум. 89-93

    27

    Е,Ё,Ю,Я х1арпал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Е,Ё,Ю,Я х1арапаз раг1ул авалалда ва рагьарал гьаркьазда хадуб к1иго гьаракь бихьизабулеб бук1ин лъай;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 31

    гьум. 93-95 х1. 259

    гьум. 96

    28

    Изложение. Калам цебет1езаби. Ясги ц1ц1еги

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Ц1алдохъабазул к1валзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    Изложениялъе х1адуризе


    29

    Изложение. Ясги ц1ц1еги

    1

    Калам цебет1езаби

    1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Малъараб материал такрар гьаби

    30

    Ъ ва Ь

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Ъ ва Ь маг1арул мац1алда т1убазабулеб хъулухъ;

    2. Ь ва Ъ ругел раг1аби бит1ун хъвазе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 32

    гьум. 96-97

    31

    Слог ва раг1и бикьун боси

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Слогалъе баян кьезе;

    2. Раг1и бит1ун, слогазде бикьизе лъай ва цо мухъидаса цоги мухъиде бит1ун босизе малъи;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 33

    гьум. 98-101

    х1. 269

    гьум. 100

    32

    Ударение.

    Раг1ул фонетикияб разбор гьаби

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Ударениялъе баян кьезе;

    2. Ц1алдохъабазе байбихьул классазда щвараб бажари ударение лъезе жеги камил гьабизе;

    3. Фонетикияб разбор гьабизе малъизе;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    § 34

    Суалал

    гьум. 105

    33

    Калам цебет1езаби. Контролиял суалазе жавабал кьей

    1

    Малъараб г1амлъизаби

    1. Фонетикаялъул ва графикаялъул х1акъалъулъ ц1алдохъабазул лъай борци, г1амлъизаби ва камил гьаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    Гьум. 105-106

    34

    Лексика.

    Лексикаялъул х1акъалъулъ бич1ч1и. Раг1ул маг1на

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1.Лексикаялъул х1акъалъулъ бич1ч1и кьезе.

    2. К1алзул калам цебет1езаби.

    § 35

    х1. 283

    гьум. 108

    35

    Эркенаб диктант. Гъалбац1ги гьойги

    1

    Калам цебет1езаби

    1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

    Малъараб материал такрар гьаби.

    36

    Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби


    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1абазе бич1ч1и кьезе;

    2. Г1емер маг1наялъул раг1абигун предложениял г1уц1изе лъай;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    36

    х1.297

    гьум. 112

    37

    Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на бук1унеблъи лъай;

    2. Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1наялда предложениял г1уц1изе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §37

    гьум.112,113

    38

    Омонимал

    1

    Ц1ияб мат. малъи

    1. Омонимазе баян кьезе;

    2. Мисалал рачине ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 38

    х1 305

    гьум. 116

    39

    Синонимал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Синонимазе баян кьезе;

    2. Синонималгун предложениял ургъизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 39

    х1. 312

    гьум. 117

    40

    Антонимал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Антонимазе баян кьезе;

    2. Омонимаздаги, синонимаздаги, антононимаздаги гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизабизе;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 40

    х1. 316

    гьум. 118

    41

    Такрар гьаби

    1

    Такрар гьаби

    1. Цереккун дарсазда малъараб материал такрар гьаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Гьум.119-120

    42

    Нижер хъизан. Калам цебет1езаби

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Эбел-инсуде, яцал-вацалазде рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Сочинениялъе х1адуризе

    43

    Нижер хъизан. Сочинение

    1

    Калам цебет1езаби

    1. Эбел-инсуде, яцал-вацалазде рокьи жеги ц1ик1к1инаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Цебе малъараб материал такрар гьабизе

    44

    Раг1и хиси. Раг1и лъугьин

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1и хисизе гьабизе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    2. Раг1и лъугьунеб къаг1ида бихьизаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §41

    х1.325

    гьум. 121

    45

    Раг1ул ахир ва аслу

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1ул ахиралъе ва аслуялъе баян кьезе;

    2. Ц1алдохъаби ругьун гьаризе раг1абазулъ ахир ва аслу батизе;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    § 42

    гьум. 122,123


    46

    Раг1ул кьибил

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1ул кьибилалъе баян кьезе;

    2. Раг1абазулъ кьибил батизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §43

    х1. 340

    гьум. 125

    47

    Суффикс

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Суффиксалъе баян кьезе;

    2. Суффиксалъул кумекалдалъун раг1аби лъугьинаризе ругьун гьари;

    3. Раг1ул разбор гьабизе ругьун гьари;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §44

    х1. 351

    гьум. 128

    48

    Контролияб диктант. Туристасе насих1ат

    1

    Х1асил гьаби

    1. Ц1алдохъабазул бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул даража борцине

    Малъараб материал такрар гьаби

    49

    Раг1ул кьибилалъулъ гьаркьазул хиси

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1ул форма хисулаго, кьибилалъулъ ругел гьаркьазул хиси бихьизаби;

    2. Мисалал рачине ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §45,

    гьум. 129

    50

    Рагьарал гьаркьал хиси

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1абазулъ рагьарал гьаркьазул хиси кколеб бук1ин бихьизаби;

    2. Чадил къимат гьабизе кколеб бук1ин бихьизабизе;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §46

    х1. 362

    гьум. 131

    51

    Рагьукъал гьаркьал хиси

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предметияб ц1аралъул форма хисулаго, цо-цо раг1абазулъ гьаркьал хиси бихьизаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §47

    х1. 370

    гьум. 133

    52

    Раг1аби лъугьин

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Раг1аби лъугьунел къаг1идаби рихьизари;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §48

    х1. 380

    гьум. 135

    Суалал

    гьум. 136

    53

    Калам цебет1езаби. Къункъра (Изложение бицун)

    1

    Калам цебет1езаби

    1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Малъараб материал такрар гьаби

    54

    Морфология.

    Предметияб ц1аралъул грамматикиял г1аламатал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предметияб ц1аралъе баян кьезе;

    2. Рекъел к1удияб хазина бук1ин лъай;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §49

    х1. 387

    гьум. 139

    55

    Предметиял ц1арал предложениялъул членаллъун х1алт1изари

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предложениялъул членал ва каламалъул бут1аби такрар гьари;

    2. Предложениязулъ предметиял ц1арал ратизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §50

    х1. 406

    гьум. 143

    56

    Хасал ва г1аммал ц1арал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Хасалги г1аммалги ц1аразда гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §51

    х1.415

    гьум. 146

    57

    Предметияб ц1аралъул жинс

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предметияб ц1аралъул жинсал рак1алде щвезаризе;

    2. Суалаздалъун жинс бат1а бахъизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §52

    х1.424

    гьум. 149

    58

    Предметияб ц1аралъул форма

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Предметияб ц1аралъул формабазе баян кьезе;

    2. Цо форма цогиялде хисизе ругьун гьари

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §53

    х1.435

    гьум.153

    59

    Калам цебет1езаби. Сураталдаса сочинение

    1

    Калам цебет1езаби

    1. К1алзул ва хъвавул калам цебе т1езаби;

    2. Т1абиг1аталде бугеб рокьи жеги ц1ик1к1инаби

    Малъараб материал такрар гьаби

    60

    Глагол. Г1аммаб баян

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. К/б такрар гьари;

    2. Глаголалъе баян кьезе;

    3. Глаголалъул грамматикиял г1аламаталгун лъай-хъвай гьаби;

    4. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §54

    гьум. 157-162

    61

    Рухьарал ва т1адч1арал глаголал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Рухьаралги т1ад ч1аралги глаголазда гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизаби;

    2. Рухьарал ва т1адч1арал глаголал рат1а гьаризе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §55

    х1.464

    гьум. 164

    62

    Жинсиял ва жинсиял гурел глаголал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Жинсал такрар гьари;

    2. Жинсиял ва жинсиял гурел глаголазул бицине;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §56

    гьум. 165-166

    63

    Глаголияб ц1ар

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Глаголалдаги глаголалъул ц1аралдаги гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизаби;

    2. Глаголияб ц1ар бат1а гьабизе ц1алдохъаби ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §57

    х1.473

    гьум. 167

    64

    Глаголалъул заманаби. Араб ва бач1унеб заманалъул глаголал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Араб ва бач1унеб заманаби рат1а гьаризе лъай;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §58, 59, 60

    гьум. 169-173

    65

    Г1ахьалаб ва гьанже заманалъул глаголал

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Г1ахьалаб ва бач1унеб заманалъул глаголазе баян кьей;

    2. Тексталъулъ г1ахьалаб ва бач1унеб заманалъул глаголал ратизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §60, 61

    х1.500

    гьум. 176

    66

    «Бук1ин» глагол заманабазде хиси

    1

    Ц1ияб дарс малъи

    1. Заманаби такрар гьари;

    2. «Бук1ин» глагол заманабазде хисизе ругьун гьари;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    §62

    Суалал

    гьум. 179

    67

    Глагол такрар гьаби

    1

    Такрар гьаби

    1. Глаголалъул разбор гьабизе ругьун гьари;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Малъараб материал такрар гьаби

    68

    Контролияб диктант. Т1абиг1иял бечелъабаздаса бит1ун пайда босизе

    1

    Х1асил гьаби

    Ц1алдохъабазул бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул даража борци




    69

    Щуабилеб классалъул материал такрар гьаби

    1

    Такрар гьаби

    1. Щуабилеб классалъул материал такрар гьаби;

    2. Малъараб г1амлъизаби;

    3. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби

    Предметияб ц1ар ва глагол такрар гьаби

    70

    Х1асил гьабиялъул дарс

    1

    Х1асил гьаби

    1. Малъараб материал такрар гьаби;

    2. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби



      1   2   3   4   5   6   7


    написать администратору сайта