Главная страница

Доклад на августовскуюконференцию. доклад на авг.конференцию. Доклад на августовскую конференцию работников образования


Скачать 18.97 Kb.
НазваниеДоклад на августовскую конференцию работников образования
АнкорДоклад на августовскуюконференцию
Дата13.11.2022
Размер18.97 Kb.
Формат файлаdocx
Имя файладоклад на авг.конференцию.docx
ТипДоклад
#786684

МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ».

Доклад

на августовскую конференцию работников образования

«Развитие творческих способностей учащихся на уроках аварского языка и литературы».

Подготовила: учитель аварского языка

и литературы МКОУ «Тисси-

Ахитлинская СОШ»

Абдулаева Мадинат

Магомедовна.

Тисси-Ахитли 2018.

Дун ккола ЦIумада районалъул ТIисси-Ахикь гьоркьохъеб школалъул авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим. Гьеб школалда авар мацIалъул ва адабияталъул дарсал дица рачунел руго къогоялдаса цIикIкIун соналъ. ТIисси-Ахикь ккола ТIиндадерил обществоялде гьоркьобе унеб гьитIинабго росу.Гьединлъидал нижер рахьдал мацIлъун, ай цIалдохъабазул рокъоб бицунеб мацIлъун, ккола тIиндадерил диалект. МагIарул мацI дир цIалдохъабазда тIоцебе рагIулеб буго школалде рачIараб мехалда, тIоцебесеб классалда авар мацIалъул дарсазда. ГIемер зигара букIуна байбихьул классазул мугIалимзабазул лъималазда авар мацI лъалеб ва бичIчIулеб гьечIилан, ва дарсал кьезе цIакъ захIмат бугилан. Гьелда тIадеги гьаб нилъер цIалул программа бихьизабун бугоан авар мацI лъалел ва гьеб тIубанго бичIчIулел цIалдохъабазда малъизе.

Гьеб киналъулго кигIан кIудияб квалквал бугониги, нижеца цIакъ хIаракат бахъуна гIун бачIунеб гIелалда магIарул мацI малъизе. Гьеб хIалтIул цо бутIалъун ккола авар мацIалъул ва адабияталъул дарсазда тIобитIулеб цIалдохъабазул творчествияб пагьму, бажари-гьунар цебетIезабизе гьабулеб хIалтIи. Гьеб хIалтIул мурад ккола цIалдохъабазул цIалудехун, хасго авар мацIалдехун, гьелъул адабияталдехун, рокьи бижизаби, гъира-шавкъ цIикIкIинаби. Жакъасеб къоялъул шартIазухъ балагьани, авар мацI лъазабиялъул буго кIиго практикияб масъалаби.

ТIоцебесеб масъалалъун ккола цIалдохъанасда битIунхъвазе бажари, битIунхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул къагIидаби лъай. КIиабилеб масъалалъун ккола цIалдохъабазул кIалзулаб ва хъвавулаб калам куцай, авар мацIалда гьезда битIун ва пасихIго жидерго пикру загьир гьабизе бажари.

ЦIалдохъабазул творчествияб пагьму-гьунар цебетIезе дица тIоритIулел хIалтIабазда гьоркьоре уна

авар мацIалъул дарсазда:

1)батIи-батIиял хIаязул методикаби (масала, дарс-сапар, дарс-викторина, дарс-къец, «академия» ва гь.ц.),

2)дарс-проект, исследование,

3)цогидал предметалгун жубазабураб дарс (интегрированный),

4)сочинение хъвазе ругьун гьари,

5)синквейн тIобитIи,

6)батIи-батIиял словариялгун творчествиял хIалтIаби,

7)тексталъул, предложениялъул таржама гьаби ва гь.ц..

Бищунго цIалдохъабазе рокьула хIаялъул дарсал. Масала, 7абилеб классалда хIасил бачиялъул дарс хIисабалда тIобитIизе бегьула дарс-сапар «Морфологиялъул пачалихъ». Поездалдаги рекIун, маххул нухде рахъарал цIалдохъабазда ратула10 станция(каламалъул бутIаби): 1)Предметиб цIар; 2)Глагол; 3)Прилагательное ва гь.ц.. Щибаб станциялда щваралго каламалъул бутIабазул грамматикиял гIаламатазда тIасан батIи-батIиял хIаял тIоритIила. Бищун гIемер битIун жаваб кьуразе лъикIал къиматалги лъела, рецц-бакъги гьабила.

Авар мацIалъул дарсазда гIемер данчIвала ктнДеялъулги, тарихалъулги, биологиялъулги дарсалгун хурхинаризе бегьулел темаби. Гьеб мехалда гьаризе бегьула (интегрированный) жубарал дарсал.

Гьединго авар мацIалъул дарсазда гIемер хIалтIизарула ИКТ. Компьютералдаса бихьизабула киноялъул букIа, передачаялдаса букIа гIемер кIудияб гьечIеб кесек. Цинги гьелъул хIакъалъулъ жидерго пикраби яги къокъаб хIасил хъвазе тIамила цIалдохъаби. Жидерго хиялазда, фантазиялда рекъон тIаде жубазабизе бегьула.

5 абилеб классалдасаго байбихьун, дица хIаракат бахъуна авар мацI лъазаби- гьеб гIицIго правилаби, битIунхъвай ва ц. гуребги, тIубараб кIудияб гIелму букIин, гьеб гIелму гIатIидаб ва бечедаб букIин цIалдохъабазда бичIчIизабизе. МацI лъазабулел киналго гIелмаби церечIезаризе цIалдохъабигун цадахъ «гIелмудал гъветI» яги «карта» бахъула.

Авар адабияталъул дарсазда гIемер гьарула пасихIго цIалиялъул конкурсал, цIаларалъул анализ гьаби . БитIараб бицани, гьеб ккола бищун загIипаб рахъ дир цIалдохъабазул. БатIи-батIиял асарада тIасан гьарула сценкаби, масала, 5-6 классалъул маргьабазда тIасан, цогидал фольклориял асаразда тIасан. ЦIаларал асаразулъ кколел лъугьа-бахъинал цере чIезаризе кумек гьабула суратал рахъизе цIалдохъаби тIамиялъ.

ЦIалдохъабазул пагьму-гьунар камил гьабула сочинениял хъваялъ. Исана байбихьана дун «Кисан бачIараб рагIи?», «БукIанила, букIинчIила...», «РагIул автобиография» абурал темабазда тIасан сочинениял хъвазе. Гьединал хIалтIабаз цIалдохъаби ургъизе тIамула рагIул магIнаялда тIад, кисан ва киб гьеб бакарабали, кида хIалтизIабулебали.

ЦIалдохъан куцай-гьеб ккола захIматаб, амма къиматаб масъала. Жив-жив цалдохъанасулъ вукIинесев кIудияв гIалимчи, кIудияв тохтур, кIудияв учитель ва цоги бокьараб махщалилав вихьизе ккола мугIалимасда. Гьелъ кумек гьабула мугIалимасе хIалтIулъ кIудияб хIаракатчилъи ва тIадчIей бихьизабизе.


написать администратору сайта