Главная страница

Внеклассное чтение Стихи о Матери. Внеклассное чтение _Стихи о матери_. Материал, собранный из разных публикаций, для уроков аварской литературы


Скачать 204.9 Kb.
НазваниеМатериал, собранный из разных публикаций, для уроков аварской литературы
АнкорВнеклассное чтение Стихи о Матери
Дата17.04.2023
Размер204.9 Kb.
Формат файлаdocx
Имя файлаВнеклассное чтение _Стихи о матери_.docx
ТипУрок
#1067688


Материал,

собранный из разных публикаций,

для уроков

аварской литературы





Материал собрала:

Учитель

родного языка и литературы

МКОУ « Агвалинская СОШ»

Алиева Заира Т.

Эбелалде.

Жабраг!ил Х!асанов.
l.Дуда эбелалъул берал рихьанищ,

Балагьун г!оц!ич!ел г!умруялъго духъ?

Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,

Кинабго дуе кьун, ракъван т!аг!арал?

2. Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,

Гьит!инлъулеб бугеб нужер т!алабаз?

Дуда эбелалъул угьи раг!анищ,

Гьаб дуниял ц!ураб ц!илал соролеб?

3.Дур х!ухьелалъ гуреб х!ал жиндир хъвач!ей,

Дур каламалъ гуреб керен хинлъич!ей.

Дудалъун гурони канлъи бихьич!ей,

Кинабго дуниял дуй г!оло кьолей.

4.Мун – гьелъул чохьонив, каранда г!урав,

Мун - гьелъул мугъалда мегъал сверарав,

Мун - гьаналъул руг!ел, г!адан лъвинег!ан,

Дур кини хьваг!арай, г!азизай эбел.

5.Мун гъолде вагъула, лъадуда божун,

Гъолъ хвалил г!азабакь гьавурав г!адан.

К!алъала…………..мун гъолъул ургьиса гурев,

Лъова зобалахъа рещт!арав г!адин.

6. Мун гъолъухъе щола гьобол киниги,

Мун - гьелдаса т!ураб гьаналъул бут!а,

Бицуна дуцаго кьураб жоялъул

Дуниял кьуралда, г!умру кьуралда.

7. Мун кванараб мехалъ г!оhц!улей эбел,

Дудаса дур ургъел батулей эбел.

Мун квачараб мехалъ г!унулей эбел,

Г!узраби дурр рихьун, херлъулей эбел.

8. Эбелилан абун Аллагьас йижун,

Ракьалда биччараб бичасул х!икмат,

Мун вихьараб мехалъ к!удияй г!олей,

Дуца тараб мехалъ гьит!инлъун уней.

Гьеб унго-унгоги уяб рагlи, гьалмагъзаби! Эбелалъ тараб мехалъ гьитlинлъулел руго, язихълъулел ва пакъирлъулел руго. Эбелалъул гъанситодухъ цlва свараб мехалъ, ссун унеб бугин ккола тlолабго сверухълъи. Гьеб гъанситодулъ цlа свинчlого букlин бараб буго, лъимал, нужеда, хъизаназда. Къварид гьабуге улбузул ракl, малъараб гьабе улбузе ва цlуне нужерго улбул!

Бокьун буго тlолабго гlагарлъиялъул рахъалдасан загьир гьабизе кlудияб баркала жакъа гьаб роччараб къоялъухъ балагьичlого, рикlкlадаб нухалъухъ балагьичlого , гьанибе сапар бухьаралщинал мугlалимзабазе ва гьезул цlалдохъабазе. Кьеги нужее щулияб сахлъи, мугlалимзабазе хlалтlулъ сабру ва къвакlи, цlалдохъабазе мустахlикъазе бергьенлъаби!
Эбелалде.

Расул Х!амзатов.

l. Эбел, к!оченаро гьит!инаб мехалъ,

Дун къват!ахъ кват!игун, кидаго дуца,

Горт!а лъун толаан бакараб чирахъ,

Ва къирун толаан къач!ого каву.

2.Вач!унаан рокъов, кьижулаан дун,

Кьурулаан дуца г!одобе чирахъ,

Балагьулаан мун къан бугищ нуц!а,

Къулулаан т!аде сордо лъик! васин.

3. Сонал ана…………… горт!а чирахъ кенч!ана,

Дур васаз иргадал росу нахъ тана.

Квег!аб берзул маг!у кваранаб квералъ,

Киг!ан г!емер дуца балъго бац!ц!араб?

4. Муг!рузда сверана сурмиял нак!к!ал,

Рак! бекун пирхана мех – мехалъ пири.

Цоял васал ана руссунарелъуй,

Цогидал кват!ана духъе руссине.

5.Эбел, дир саназул гьал сверабазда

Дида росуцояз бицунеб буго,

Дуца рогьинег!ан г!агараб горт!а,

Г!одой кьуруларин бакараб чирахъ.

6.Дуца балъго, эбел, кваранаб квералъ

Квег!аб берзул маг!у бац!ц!уна сардилъ,

Дун вач!ина духъе, дун щвела духъе,

Чирахъ г!одой кьурун, кьижа дир мискин.

7. Щвела дун росулъе, щвела рокъове,

Къирун тараб каву, къай дир хирияй.

Кида гьеб бук!инеб - кват!изе гьеч!о,

Каранда рух! лъурай, сордо лъик! эбел.

Дицаго диего ургъана эбел.

Х!усен Х!ажиев.
l.Дицаго диего эбелги ургъун,

Ургъелазда унеб буго гьаб г!умру,

Бищунго хирияй инсанги камун,

Киниялда т!адго бесдаллъана дун.
2. « Бесдалав» абураб рокьукъаб раг!и,

К!иго сонидаса рек!ана дида,

Доб мехалда ссвараб рек!елаб чирахъ,

Рек!ине гьабулеб батич!о къуват.
3.Дицаго диего ургъана эбел,

Пикрабалъ бахъич!еб хут!ич!о сурат,

Кинго мурадалде щолев гьеч!о дун,

Эбелалъул сурат батич!о нахъе.

Эбелалде.

Саг!ид Ордашев.
l. Эбел, дур гьурмада гьел рук!к!алаби,

Рик!к!ине щварабго щаклъи ккола дир,

Ниж- дур хъизаналъул, сайгъатал ругин,

Соназ данде гьарун дуца ц!унарал.

2.Ц!ик!к!ун ратарабго рук!к!арал кьерал,

Кьерт!ун валагьула гьезухъ нечадго,

Нижер г!айибазул г!узрабаз лъурал,

Лъалк!ал ратилин ккун раккарал къват!ир.

3.К!азикьан раккарал хъах!ал расазги,

Хъвала дир рак!алда рук!к!еналъ г!адин,

Ратизе ругин гьел нижер гъалат!аз,

Гъалазда гъоркь тарал гъулбасалилан.

4. Гъулукал беразулъ бихьула дида,

Бахьи г!ураб бихьун г!орц!ун гьеч!еллъи,

Г!ажаибаб берзул балагьиялъулъ,

Баянлъула рек!елъ бугеблъи рокьи.

5.Бах!араб замана зах!мат иналъул,

Загьираб гьеб х!асил халлъула рек!елъ,

Х!алхьи хвезабурал хасалил сардаз,

Свине гьабураб нур ссудула рек!елъ.

6. Х!еренал квераца кодоре рачун,

Кинида рущарал чанц!улго дуца,

Ч!амун кваназе кьун, кинидахъ к!усун,

К!ик!араб чан гьулак квер собозег!ан.

7.Рахъун кинидасан карандеги къан,

Канлъи биччазег!ан бачараб чан ахх?

Бадиса гирулел маг!ил гаралгун,

Гор чанц!ул сверараб сардил макьу тун?

8. Сабураб гьурмадул гьимиялда гъорлъ,

Гьит!инабго т!анк!алъ т!атинабула,

Т!олабго г!умру кьун г!езаруниги,

Г!ураб жаваб нижер жеги щвеч!еблъи.

9.Т!олго хъизаназул баркала, эбел,

Бах!араб г!умру кьун г!езе гьарурай,

Г!азизай, х!алимай,х!еренай эбел,

Дур х!урмат ц!унизе х!адур руго ниж.
Эбелалде
Залму Мух!амадова.

Дун кинида лъурал дир бабул кверал,

Кидаго йиго дун нуж г!оларого,

Дун каранде къарал кверазул килщал.

Щибалда къочизе ч!алг!ун йигей куц.

Дир ях!алъул х!уби х!еренай эбел,

Дуца кьурал дарсаз дун ц!унарай куц,

Дир борхатаб кьуру, дир кьили мег!ер,

Г!умру дуца кьуна де беирцинаб

Дун рик!к!алъаниги, рак! лъурай эбел,

Рек!елъа мун араб гьеч!о дир саг!ат.

Нилъ рикь-рикьаниги, йокьулей баба,

Ракьалда дур ц!арцин ц!валъун буго дий

Йик!ина мун дие чирахълъун, ц!валъун-

Дий нух къосинаро, бакъ щинк!иларо.

Йик!ина мун дие сабаблъун даим.

Сог!лъиги унтиги дида хъваларо.

Эбел

Наби Г!исаев.
Эбел, дур беразул канлъи сун буго,

Сунца г!олохъанго херлъизаюрай?

- Лъималаз бач!араб ургъелалъ г!адин,

Унтизабуларо эбелалъул рак!.
- Эбел, г!емераб къо бихьана дида,

Бах!арлъи ц!унулеб дару лъаларищ?

- Лъималаз бач!араб рохелалъ г!адин.

Рази гьабуларо эбелалъул рак!.

Унго, эбел, дие…

Загьра Ширазудинова
Эбел,дуца дида бакун тараб ц!а,

Жужух! ссун аниги свине к!олареб.

Инсул рух!алица бух!араб керен,

Кор боркьун бижизе кин дуда к!вараб.
Гьит!иназул т!алаб т!адеги къот!ун,

Т!ул- рак! гьалун гьадин дун щайха тарай?

Киналго ургъелал дидеги рехун,

Даимаб макьида мун щай кьижарай?
Хадусезул т!алаб, рукъалъул ургъел,

Бигьаяб гьир гуро баччизе дие.

Дур малъа - хъваялги, дур х!еренлъиги,

Унго, эбел, дие х!ажат бугеб куц.


Эбелалде

Пат!имат Г!усманова.
Эбел, гьанже дида дур къимат лъана,

Дунгоги эбеллъун яхъараб къоялъ.

Бицун бич!ч!улареб, бихьун лъалареб

Цо х!икмалъи буго, эбел, дудасан.
Дирго чохьол наслу кодобе щведал,

Бич!ч!ана, хирияй, дур рак!алъул х!ал.

Дирго лъимералде т!аде къулидал,

Гирана бадисан бух!араб маг!у.
Дица нахъа тарал г!умрудул санал,

Г!адада т!амурал гьанже кант!ана.

Лъана, лъана, эбел, дуй мустах!икъаб

Х!урмат дица жеги гьабун гьеч!еблъи.
Дир бук!инеселъул ургъелги гьабун,

Унтич!ищ дур бет!ер чанги пикрабаз?

Рек!ел т!инда даим рокьи бац!ц!адай,

Ц!ар берцинай, эбел, кьейги дуй г!умру.
Дур рек!ел мурадал- дий талих! эбел.

Дир рек!ел мурадал – дуй талих! эбел.

Г!умру дие кьурай, хирияй эбел.

Хвезег!ан гьабила дица дуй дуг!а.

Эбел.

Г!айшат Гьиматова
Рек!ел къварилъабазде,

Къоно дуца борхич!о,

Къваридго т!ураб маг!ил,

Риччел бихьизе теч!о.
Рокьи кьуна ниже

Дуца ц!акъ сахаватго

Сайигъатлъун лъугьана

Дие гьеб г!умруялъго.
Эбел, дун ч!алг!ун йиго,

Дур х!еренал кверазухъ

Х!асратал раг!абазухъ

Х!айранал дуг!абазухъ.
Дирго лъимерлъиялде,

Дол талих!ал къоязде,

Т!адюссине анищан,

Щоларо, эбел. макьу.
Лъол муг!рузул т!огьазде,

Т!аде меседги щущан,

Щобилъан баккулеб бакъ,

Йиго, эбел, мун дие.
Гьаб Каспий ралъадалъул,

Г!ат!илъиялъ борцунеб,

Г!акъиллъи буго, эбел,

Бет!ергьанас дуе кьун.
Дур берцинлъи, гьайбатлъи,

Дандекквезе бегьулеб,

Бижун гьеч!о. эбел, т!егь,

Т!адег!анав аллагьас.
Т!аг!ин гьеч!еб рокьуе,

Мустах!икъай йиго мун,

Лъуг!ел гьеч!еб реццалъе

Рекъарайги мун йиго.
Дуе талих! гьарун мун

К!ут!би свакалел гьеч!о,

К!удияб х!урматалъе

Х!ал г!оларого йиго.
Дица хирияй эбел,

Дуе бетlер къулула,

Даимго гьаб ракьалда

Хутlагиян гьарула.
Эбел-инсул х!урмат.

Доба Эмиратазда

Бищунго рек!ей г!уна,

Х!урмат гьабулеб г!адат.
Х!алакун вугониги,

Эбелалъул квералда

Салам гьабич!ого вас

Хъулухъалде унаро.
Инсуе бет!ер къулун,

Х!урмат гьабун урони,

Х!ет!е ч!оларо ясалъ

Рукъ бахун къват!ибехун.
Бахиллъизе жо доба

Дида г!емер бигьана,

Амма гьеб г!ан рек!ее

Асар гьабураб ккеч!о.
Гьанже маг!арухъгицин

Цо-цо г!оркьилал руго,

Эбел- инсул адаб тун,

Жал ц!акъаллъун рик!к!улел.
Жив гьаб дунялалде

Бач!ин гьездасан бук!ин

Лъаларв вас вижани,

Ахир заман ккеларищ?
Эбелалъул х!урмат тун,

Бокьухъе хьвадилилан

Яс ч!олеб къо бач!ани,

Къинарищ гьелъул т!алих!.


Эбелалъул ургъел

Исмаг!ил Таймасханов.
Рогьалалъ хъах!илаб зодихъ кунч!араб

Канч!аб баг!арбакъул къиматал ч!орал,

Ч!ир гьабун цо-цоккун, муг!рул щобилъан

Щущан унел руго росдаде т!аде.
Т!ад г!ел решт!анщинал щубил къат!раби

Къиматал ганч!анлъул кенч!олел руго.

Бакъул нургун щвараб рогьалил гьури

Гьале гъот!ол т!амхал бекерахъдулеб.
Рогьалил гьогьомуй рагьун гордугун,

Гьелъул ц!илъиялда гъорлъеги йосун,

Гордухъ к!усун йигей ригь арай гьадан

Г!одой къулун йиго жийго пикрабалъ.
Дур бот!ролъ пикраби, дур рек!ел къасдал

Г!иц!го дуе гуро, хирияй эбел,

Херлъуде къанагlан къиматаб пикру –

Дур г!олел васазде – дур лъималазде.
Гьале пикрабазул кунч!ула цебе

Кинида дол рущун рук!араб заман.

Рек!ел т!олго хинлъи, т!олго х!еренлъи,

Кодореги рачун, гьезие кьолеб.
Сонал ана. Гьанже дур лъималазухъ

Ялагьула, эбел, намуслъадго мун.

Доб цебесеб рокьи, т!олго х!еренлъи,

Бот!рода квер бахъун, гьабула загьир.
Дуе гьанже ургъел гьезул г!умрудул,

Г!олохъанлъиялъул зах!малъабазул.

Гьезие щивасе рек!ей бокьараб

Босизе кинандай кумек гьабилеб?

Бесдал эбел

Х!ажи Гъазимирзаев.
Бесдал эбелалъе дунго вокьизе,

Боц!иги къач!ана, рукъги лъухьана.

Дадал бах!аралда берцин вихьизе,

Рохъоги бахъана, ц!аги бахъана.
Амма талих! гьеч!еб г!умроялъ дие,

Г!азаб тун бат!ияб, т!аг!ам биччач!о.

Г!адалав инсуца къавулъе ц!араб,

Балагьалъ квегъана балугълъизег!ан.
Гьороца рагъиде х!ур бач!аниги,

Х!адур батулаан тушманалъул ц!ал,

Х!елун раг!и бицун, дун к!алъаниги,

К!алдиб батулаан туйзе жо диде.
Инсуй г!оларого йик!инч!о эбел,

Рокьумахх йихьидал хьул лъун батила,

Г!анаби к!ут!ай, к!ут!би релъарай

Г!адан данде ч!вайдал, ч!алг!ун ятила.
Эбел ячарасги бече к!варич!ин,

К!алт!его виччач!о, инсулъго ч!аян.

Инсул бах!аралъги х!ажат гьеч!илан,

Эмен тохлъаравго лъолаан нухт!а
Берзул канлъи хварай херай к!одоца

Хвахида балаан сардаца рукъи.

Гурх!арас бач!араб бух!араб риди

Бащдаб батулаан тун дий пакъиралъ.
Черх бацараб партал, х!ат!ида хьитал,

Эмен вук!аниги, рихьич!о дида.

Кино-театралъ толаан рагьда,

Белтихъ кьезе шагьи щолароан дий.
Нахъа малъи гьеч!еб лъимадул г!умру,

Гьороца нак!к! г!адин бук!ана инеб.

Эбел-эмен ч!аго бесдал хут!арав,

Гъаримасул г!умру хвана г!адада.

Муг!рул ч!ужуг!адан, дие гьаб къисмат

Гьукъизе к!олаан дурр къадруялда.

Маг!арул намусги ясалъул ничги,

Дуца нухда лъуна херав дир инсухъ.

Эбелалде

Мух!амад Гъазиев.

Дир г!агарай эбел, г!азизай эбел,

Анищ т!убалелде т!упарай эбел!...

Мух!амад Раджабов

Гьале гъоб гъансито…

Гъаримай эбел!

Чанги къулана мун

Гьалде сардида!
Къулана хасало,

Къулана ихдал,

Ургъелал, анищал

Рикьана гьалде.
Гьеч!о гьаниб дуца

Ц!а бакун гьанже,

Ц!орорал хабалалъ

Кьижун йиго мун.
Гlиц!го дунго вуго

Дур хиялазда,

Хирияб дурр гъасде

Тlадеги къулун.
Гьалъул пикрабазда

Къваридаб рак!алъ

Къо-лъик! эбелилан

Абулеб мехалъ,
Мадугьал яч!ана

Рохел бицине

Жакъа цо ясалда

Лъунин дурр ц!аран…

Лъаларо, кинай гьей

Йик!инеяли,

Йик!ине бокьила

Мун г!адай, эбел:
Аваданай, лъик!ай,

Г!алам урхъарай,

Г!адамал рокьулей,

Гьалбал хирияй…..
Эбел

Хадижат Мух!амадова.
Эбел, гьаб дуниял бихьаралдаса

Бич!ч!ана дида мун къварикъарай куц,

Къого сон базег!ан бит!араб нухда

Дуца т!ами дие хиралъараб куц.
Нижер къисматалъул лъигабгин квешаб

Лъала, эбел, дуда бицинч!ониги.

Аман, эбел-эмен, нуж гьеч!ел къоял

Нижеда рихьизе хъван батугеги.
Дур щуго лъимадул каранзул рек!аз

Кидаго эбелан ах!улеб буго,

Амма нижер рохел ц!ураб бук!ине

Дадаеги сахлъи гьарулеб буго.
«Эбел-инсул г!акълу г!арцул гъансито»,-

Умумуз г!адада абун бук!инчlо. Гьелъул маг!на босун хьвадарай дие

Гьаб дунялалда щибго камич!о
Нужее баркала г!умру кьуралъухъ!

Нужее баркала г!акълу кьуралъухъ!

Нужее баркала гьаб дунялалда,

Гьадиг!ан берцинго г!езаруралъухъ!

Эбелалде

Жавгьарат Х!асанх!усенова.

Дица дирго эбел бакъилан тола,

Гьелъул хинал ч!ораз ч!аголъи кьола.

Зодихъ доб шагьримоц!, гьейги дир эбел,

Сверун ругел ц!ваби, гьал ниж, дур лъимал.
Муг!рул т!ок!к!араб ицц, дир эбелалъул

Лъималазухъ т!олеб бух!араб маг!у.

Муг!рузул т!огьода т!ад ккараб саву,

Гьеб дир эбелалъул хъах!лъараб бет!ер.
Сверун байдабазда раккарал т!угьдул,-

Гьеб т!егьалеб г!умру эбел-лъимадул.

Г!одоре рортулел г!урччинал т!анхал,-

Гьебги къулараб гьод дир эбелалъул.
Дир хирияй эбел, х!еренай баба,

Г!арцул рук!к!алаби дур гьеб гьурмада.

Савуялъ хъах!лъарал ч!ег!ерал гъалал,-

Лъимаде рикьарал ургъалил къоял.
Гьит!инаб мехалъго дие бабаца

Кинидеги къулун ах!ана сарин,

Ва недегьлъи х!алал х!еренал квераз,

Карандеги ячун, еэдан дун.
Т!оцебе мац!алда гьоц!олъун хъвараб,

Бабаян ах!улеб лъимадул х!ухьел;

Эбелалъул адаб, гьабураб х!урмат,

Лъималазе буго щварабго алжан.
Лъоба борхалъуда хъах!илаб зодихъ,

Дур сурат бахъила гьаб дирго квералъ.

Гьаваялде йоржун, эбелалъул ц!ар,

Ц!вабзазда гъорлъ хъвала абадиялъе.

Дуца еэдилал к!очана дида,

Т!олабго къварилъи ва зах!малъаби.

Мун дий гьимулелъул, гьайбатай баба,

Бач!ун цебе ч!ола берцинаб г!умру.
Чвахун маг!ил ц!урал бералги рахчун,

Базе биччай эбел, цоги нухалъ къвал.

Къваридаб гьурмада т!ад кверги бахъун,

Каранде яче дун дурго рокьигун.

Ч!арада район


Эбел

Хадижат Мух!амадова

Эбел, гьаб дуниял бихьаралдаса

Бич!ч!ана дида мун къвариг!арай куц

Къого сон базег!ан бит!араб нухда

Дуца т!ами дие хиралъараб куц.
Нижер къисматалъул лъик!абгин квешаб

Лъала, эбел, дуда бицинч!ониги.

Аман, эбел-эмен, нуж гьеч!ел къоял

Нижеда рихьизе хъван батугеги.
Дур щуго лъимадул каразул рак!аз

Кидаго эбелан ах!улеб буго,

Амма нижер рохел ц!ураб бук!ине

Дадаеги сахлъи гьарулеб буго.
«Эбел – инсул г!акълу г!арцул гъансито,»-

Умумуз г!адада абун бук!инч!о.

Гьелъул маг!на босун хьвадарай дие,

Гьаб дуниялалда щибго камич!о.
Нужее баркала г!умру кьуралъухъ,

Нужее баркала г!акълу кьуралъухъ,

Нужее баркала гьаб дунялалда,

Гьадиг!ан берцинго г!езаруралъухъ.
Эбел

Мух!амад Пейзудинов

Дуда эбелалъул лъалеб жо щиб,

Щай жакъа гьей пакъир къварид йик!арай?

Бук!араб бак!алъан хъач! к!алъарай?

Гьеч!еб г!айиб босун щай гьей гьимарай?
Циндаго ццидахун щай гьей ягъарай?

Явлухъ т!ад ч!валаго ч!ун щай хут!арай?

Дур суалалъе гьелъ щай жаваб кьеч!еб?

Кьерхараб гьурмада гьими хурхич!еб?
Гьелъул яшавалъул щиб дуда лъалеб?

Лъик!аб квешаб чучун, чан г!одов къарав?

Гьеч!ищ къвариг!елан, г!олареб жоян,

Жеги ургъун – пикру кида бикьараб?
Дуца гьелъул мурад т!убан бук!анищ?

Рак! боххизе раг!и г!инда щуранищ?

Щвараб рес бук!аго, аск!ой йигелъул,

Гьелъ малъараб гьабун, гьуин хьвадулищ?
Гьелъул араб г!умру роц!ун бук!анищ?

Щад – бакъ гьелъий жакъа рекъон бугебищ?

Щиб гьелъул ракlалда бук!араб анищ?

Гьанже гьелъул къасда щвалде щун ругищ?
Кидаго лъималин лъалхъи-ч!ей гьеч!ей,

Гьезул ургъалил гьир даим баччарай,

Жиндирго къварилъи къан зарукьги лъун,

Лъималахъ рак!унтун рах!ат лъаларей.
Гьелъул х!ат!ида гъоркь Алжан х!акъабин

Хlадисги батидал тохлъун рук!унге.

Г!умру лъималазе назру гьабурай,

Гьелъул адаб тоге, къунебин!

Эбелалде

Дун к!удай г!униги г!агарай эбел

Дур кинидахъ куч!дуз кодой ккун йиго,

Сонал свераниги, заман аниги,

Дур рагьдухъ ц!а свине дий чара гьеч!о.

Мух!амад Дадилов

Эбелалде
Эбел, дур бот1роде суй ккунищ бугеб?

Сонги дур расазулъ хъахIлъи букIинчIин.

Яги дур гъалазулъ, нижер балагьал,

Г1азулъун решт1унищ хасел щвелалде
Эбел, дур ракьалде т1инкIараб магIу,

МугIрул хIайранлъулеб тIегьлъун бижула.

Эбел, дуца угьун биччараб хIухьел,

ХIули меседилаб хIинчIлъун боржуна.
Эбел, дуца цохIо каранде къани

Къваридал пикраби рахъ-рахъалъ уна.

Эбел, дуца цохIо рагIи абуни

Унтаби сахлъулеб сабаблъун ккола.
Лъимал кIудиял гIун гIумрудулъ уна,

ГIазизго гIагарай эбел хутIула...

Халатал нухазда тIанчIи рукIуна,

Ч1обогаб кинидахъ эбел хут1ула ...

ЭБЕЛАЛДА
ТАЖУДИН ТАЙМАСХАНОВ
Эбел,дур ботIрода рас хъахIлъун буго,

Кидаго чIегIераб букIинчIеб гIадин.

Эбел дур беразул нур дагьлъун буго.

Кидаго цIодорал рукIинчIел гIадин.

ГьечIо,цебе гIадин черхалда къват,

Бакъ тIерхьунеб гIужалъ къо гIадин йиго.

Эхеде гьурщараб щулияб гъотIол

ГIаркьел гъурун буго,тIамах гъун буго.

ГIодичIого чIезе,гьитIинав дие

Дуца ахIараб кечI кинан кIочонеб?

ХIеренал квераца карандаги къан,

КъватIиб бакI бихьизе хьвадизавуна.

Бакъанил гIужалда гIурул сасалъухъ,

Кьурда гIодорги чIун,гIенеккана нилъ,

ХIалтIудаса вуссун вачIунев инсул

Накабалъ речIчIизе векарана дун.

Анлъго сон тIубачIев гьитIинав дида

Дуца малъун лъана хъвазе-цIализе,

Жеги школалде иналда дица

Дуда МугIалимилан цIар тун букIана.

Эбел, мун гIадинай ахихъан гьечIо,

Дун хъулухъги гьабун гIезе гьавурай;

Бицуна дуе дун гьитIинаб мехалъ

Хирияв вукIана дагьавги цIикIун.

Дуца дир кIалдиб ца батараб мехалъ,

Мадугьал,сайгъат кьун йохизаюнилан.

ТIоцере галаби дица рахъидал,

Рокъой чагIи ахIун,вечер гьабунин.

ГIаздаца дур расулъ бусен лъуниги,

Бакъ гIадин хинаб ракI буго каранда.

Гьелъул щвараб хинлъи дир чорхол гьаналъ

Чирахъалъул канлъилъун буго кидаго.

Дир хирияй эбел,мун херлъун йигин,

Хиял гьабизе ракI разилъуларо.

РукIкалабаз цIураб дур гьурмал сурат

ЦебечIезабизе бажаруларо.


Эбел ……

Заира Алиева
Эбел мун ракьалда бокьулеб канлъи.

Каранда цlунила цlорон инегlан

Эбел-мун гlумрудул гlедераб ралъад,

Гlодой чlун гьекъела къеч буссинегlан.
Эбел гlадаб жавгьар дида бихьичlо,

Жиндир нуралъ зобал гвангъизарулеб,

Гьелъул гlадаб хинлъи тlадвугес кьечlо,

Жиндир цlаялъ дунял биинабулеб
ЭбелlЭбелl Эбелl Ракьалда дие

Дудаса хирияб щибниги гьечlо

ЭбелlЭбелl Эбелl Гlазизай эбелl

Тlанчlазул гlузрабаз херлъулей эбел…
Эбел – берзул канлъи, каранзул бухlи,

Лъукъараб рекlелъа беролеб магlу,

Эбел, дир хирияй,эбел хlасратай,

Къаникье инегlан дун дуй налъулай


написать администратору сайта